Обновлено: 11.03.2023
Хасел буго г1ажаибаб соналъул заман. Дие бокьула къват1иб квачараб гьава-бакъ ва балеб г1азу. Гордазда т1ад раккулел г1ажаибал суртал. Кибго сверухълъи хъах1лъараб мехалъ рак1алде ккола маргьулъ ругила. Хасало бегьула хъешт1езе чангъазда, лыжазда, х1азе г1азу реч1ч1и ва гьабизе г1азул чи.
Зима — волшебное время года. Мне нравится, когда на улице ясная морозная погода и падает снег. На окнах появляются причудливые рисунки. Когда все вокруг становится белым, кажется, что ты попал в зимнюю сказку. Зимой можно кататься на санках, лыжах, играть в снежки и лепить снеговиков.
Хасало квачан бугеб мехалъ бокьуларо къват1ире рахъине рокъоса. Ва амма г1азу бараб къват1ахъа хьвадулеб мехалъ ва г1азу х1ат1икь къерщолеб мехалъ, рак1 боххун бук1уна! Гьединаб гьава бугеб мехалъ цо бак1алда ч1ун рук1ине бегьуларо. Рилълъани, рекерани, чангъазда хъешт1ани квачаларо!
Когда зимой на улице сильный мороз, то сначала даже не хочется выходить из дома. Однако когда идешь по заснеженной улице, а снег под ногами весело скрипит, на сердце становится так радостно! Главное в такую погоду — не стоять долго на одном месте. Когда двигаешься — ходишь, бегаешь, катаешься на санках — замерзнуть невозможно!
Январалъ нижеца т1обит1ула бищунго г1ажаибаб байрам – Ц1ияб сон. Гьеб заманалъ рак1арула кинабго г1агарлъи ва гьудулзаби, а эбелалъ гьабула гьуинаб квен. Дие бокьула гьеб байрамалъул заманалда гордода рук1унел кьер-кьерал къаполел чирхъал. Бищунго бокьулеб ц1ияб соналъул байрамазда – кьолелги щолелги сайгъатал. Цебе дун божулаан гьел кьолилан Ц1орол Дадаца ва хъвалаан гьесухъе каргътал. Амма эбел-инсухъа сайгъат щвейги лъик1 бук1уна.
В январе мы отмечаем самый интересный праздник — Новый год. В это время собираются все близкие и друзья, а мама готовит вкусные блюда. Мне нравится, когда во время зимних праздников в окнах всех квартир мигают разноцветные лампочки. Самое приятное в новогодних праздниках — дарить и получать подарки. Раньше я верила, что их приносит Дед Мороз, и писала ему письма. Однако и получать подарки от родителей очень интересно!
Хаселалъ нилъее кьола г1емераб берцинлъиги роххелги. Квачалъухъ балагьич1ого бегьула заман инабизе пайдагун сахлъиялъе, ва к1вар буссинабизе нилъер г1агарлъиялде. К1очене бегьуларо хасел абадияб гьеч1еблъи ва кват1ич1ого бач1уна хинаб х1еренаб их.
Зима дарит нам много красоты и веселья. Несмотря на холода, можно проводить время с пользой для здоровья, а также больше внимания уделить своим близким людям. А, кроме того, стоит помнить, что зима не вечна и скоро придет теплая, нежная весна.
(Примечание. Данный текст служит только образовательным целям для изучающих аварский язык, и мы не призываем отмечать новый год, который не относится к исламу).
П роект
Подготовила :
Магомедова Хадижат
Метер маг1арул мац1 хвезе батани,
Хваги дун жакъаго жаниб рак1 кьвагьун!
Дунялалда т!ад руго бат!и-бат!иял мац!ал. Гьезул кумекалдалъун г!адамал цоцаздехун гаргадула, ургъел бикьула ва цоцазда рич!ч!ула. Жиб-жиб халкъалъулго г1адин, маг1арулазулги буго жидерго мац!алъул бечелъи ва берцинлъи.
Рахьдал мац1алъ нилъее кумек гьабула умумузул бук1араб яшав лъазе, г1агараб ракьалъул тарих ва адабият лъик1 бич1ч1изе. Руго цо-цо г1адамал лъик1 чияр мац1 лъалелги, х1атта чияр пачалихъазулцин. Бугониги, гьезиеги жидерго рахьдал мац1алъ цо хасаб асар гьабула. Киназего гуро рес бугеб рахьдал мац1алда гаргадизе. Къисматалъ цо-цоял рехула дунял раг1алде, г1агарлъиялдаса рик1к1аде, ай, чияр улкаялде. Гьединаз х1аракат бахъула рахьдал мац1 хъизаналъуб ц1унизе, рокьоб гьит1инабго г1агараб ч1инк1иллъи г1уц1ц1ине. Гьелдалъун бихьула, инсан рахьдал мац1алъухъ урхъун вук1унеблъи.
Дун йиго маг1арулай! Дир г1агараб мац1ги буго маг1арул! Гьелде гьоркьобе уна дир эбелалъул рахьдал мац1: ч!амалазул. Инсул рахъалъан дир г!агараб мац1 буго т1индадерил (багвалазул). Цо-цояз абула ч1амалазул мац1 зах1матаб бугилан. Амма дие гьеб бигьалъула, щай гурелъул дир чорхалъ бессун буго гьеб эбелалъул рахьгун цадахъ . Рахьдал мац1алда раг1ана дида т1оцебесеб сверухъ ругезул калам, эбелалъ кинидухъ ах1араб кеч1:
Хъу-у-хъу-у, ал бело ишулълъла седасеб балъа.
Хъу-у-хъу-у, ишулълъ лъумо гъугъулълъ эч1ида балъа.
Хъу-у-хъу-у, гъугъулълъ уно ч1орулълъ ач1ада балъа.
Хъу-у-хъу-хъу, ч1орулълъ гьач1о пелълъла азалда балъа.
Гьаб коч1одалъун лъала лъималазда мег1ерг1насеб г1аларчаялъул цо т1инч1 бук1унеблъи, г1аларчаялъул малъг1анасеб миккиялъул к1иго т1инч1 бук1унеблъи, миккидул бет1ерг1анасеб х1анч1ил ич1го т1инч1 бук1унеблъи, х1анч1ил берг1анасеб найил азарго т1инч1 бук1унеблъи.
Дир рахьдал мац1 буго жиндирго хъвай-хъваг1ай гьеч1еб. Гьединлъидал асаралги ц1акъ дагьал руго. Гьеб мехалда дие кумекалъе батула дир г1агараб, к1иабилеб рахьдал мац1, ай авар мац1. Маг1арул мац1 дунялалдаго машгьурлъизабуна нилъер ракълил шаг1ир Расул Х1амзатовас.
Рахьдал мац1 ккола инсанасул напс, адабият борцунеб роценлъун. Нилъеда бихьула ахираб заманалда рахьдал мац1 мукъсанлъулеб бугеб куц. Цо раг1и рахьдал мац1алда абуни, к1иабилеб г1урус мац1алда раг1ула. Хасго гьеб х1ужжа билълъанхъун буго г1ун бач1унеб г1елалда гьоркьоб. Ч1ух1даего г1адин гаргадула гьел г1урус мац1алда. Дун гуро г1урус мац1алде данде къеркьолей г1адан. Г1урус мац1 буго нилъер пачалихъалъулаб мац1 – гьеб лъач1ого нилъ т1ураларо! Бугониги, дун пашман гьаюлей йиго сверухъ рахьдал мац1 дагь гурони раг1улеб гьеч1олъиялъ.
Хасаб асар гьабула рек1ее рахьдал мац1алда ах1улел х1айранал куч1дуз! Хасго рекъола гьеб маг1арул зурма-къолол гьаркьихъе.
Рахьдал мац1алда к1алъай буго ц1акъ х1ажатаб жо. Г1ададаго абуларо, мац1алъ пикру дурус гьабулилан. Цо-цо нухалъ нилъее загьир гьабизе бокьараб пикру сверухъ ругезда мекъи бич1ч1ун батула. Гьеб буго пикру бит1ун загьир гьабизе мац1алъул бечелъи г1унгут1иялъул х1ужжа. Нилъер к1алъаялъухъ балагьун кьола г1адамаз нилъер хасияталъе къимат. Лъазе ккола нилъеда г1агараб мац1алда кицаби, бицанк1аби, куч1дул ва маргьаби. Гьелъ нилъер мац1 бечед гьабула ва пасих1лъизабула. Гьединаб каламалъ г1енеккаразе лъик1аб асар гьабула ва рахьдал мац1алде рокьигун ч1ух1и бижизабула.
Рахьдал мац1 ккола нилъер умумузул къисмат, г1агараб ракьалъул тарих. Рахьдал мац1алда хъварал асарал ц1алулаго цебе ч1езабула нек1сияб г1умру. Гьелъ бижизабула дир чорхолъ зах1малъабазе къурч1ич1ел умумуздаса ч1ух1и. Рух1даллъула дун цебе заманалда улбузда ва лъималазда гьоркьоб бук1араб гьуинлъиялда, г1иссиназ ч1ах1иязул гьабулеб бук1араб адабалда. Гьединаб тарбия кьола рахьдал мац1алъ.
Рахьдал мац1алъул къимат гьабулес къимат гьабула жиндиргоги, жиндир халкъалъулги. Абула, мац1 бугин халкъалъул рак1илан. Рак1го г1адин, мац1ги цо бук1уна халкъалъул. Рак1го г1адин, мац1ги ц1унизе ккола халкъалъ! Рахьдал мац1 к1очене тарас бигьаго к1очене тела г1агараб гъанситоги.
Дун ч1ух1ула дида г1агараб мац1 лъалеб бук1иналдаса. Баркала загьир гьабула г1агараб мац1алъул гъвариялъул ралъад дие рагьуней дир авар мац1алъул ва адабияталъул муг1алим Пат1имат Мух1амадовнаялъе.
Гьаб сочинениялъ дун ц1идасан т1амуна рахьдал мац1алда т1ад х1алт1изе. Дица пикру гьабуна гьеб жегиги лъик1 лъазабизе х1аракат бахъине!
-75%
Хасел буго г1ажаибаб соналъул заман. Дие бокьула къват1иб квачараб гьава-бакъ ва балеб г1азу. Гордазда т1ад раккулел г1ажаибал суртал. Кибго сверухълъи хъах1лъараб мехалъ рак1алде ккола маргьулъ ругила. Хасало бегьула хъешт1езе чангъазда, лыжазда, х1азе г1азу реч1ч1и ва гьабизе г1азул чи.
Зима — волшебное время года. Мне нравится, когда на улице ясная морозная погода и падает снег. На окнах появляются причудливые рисунки. Когда все вокруг становится белым, кажется, что ты попал в зимнюю сказку. Зимой можно кататься на санках, лыжах, играть в снежки и лепить снеговиков.
Хасало квачан бугеб мехалъ бокьуларо къват1ире рахъине рокъоса. Ва амма г1азу бараб къват1ахъа хьвадулеб мехалъ ва г1азу х1ат1икь къерщолеб мехалъ, рак1 боххун бук1уна! Гьединаб гьава бугеб мехалъ цо бак1алда ч1ун рук1ине бегьуларо. Рилълъани, рекерани, чангъазда хъешт1ани квачаларо!
Когда зимой на улице сильный мороз, то сначала даже не хочется выходить из дома. Однако когда идешь по заснеженной улице, а снег под ногами весело скрипит, на сердце становится так радостно! Главное в такую погоду — не стоять долго на одном месте. Когда двигаешься — ходишь, бегаешь, катаешься на санках — замерзнуть невозможно!
Январалъ нижеца т1обит1ула бищунго г1ажаибаб байрам – Ц1ияб сон. Гьеб заманалъ рак1арула кинабго г1агарлъи ва гьудулзаби, а эбелалъ гьабула гьуинаб квен. Дие бокьула гьеб байрамалъул заманалда гордода рук1унел кьер-кьерал къаполел чирхъал. Бищунго бокьулеб ц1ияб соналъул байрамазда – кьолелги щолелги сайгъатал. Цебе дун божулаан гьел кьолилан Ц1орол Дадаца ва хъвалаан гьесухъе каргътал. Амма эбел-инсухъа сайгъат щвейги лъик1 бук1уна.
В январе мы отмечаем самый интересный праздник — Новый год. В это время собираются все близкие и друзья, а мама готовит вкусные блюда. Мне нравится, когда во время зимних праздников в окнах всех квартир мигают разноцветные лампочки. Самое приятное в новогодних праздниках — дарить и получать подарки. Раньше я верила, что их приносит Дед Мороз, и писала ему письма. Однако и получать подарки от родителей очень интересно!
Хаселалъ нилъее кьола г1емераб берцинлъиги роххелги. Квачалъухъ балагьич1ого бегьула заман инабизе пайдагун сахлъиялъе, ва к1вар буссинабизе нилъер г1агарлъиялде. К1очене бегьуларо хасел абадияб гьеч1еблъи ва кват1ич1ого бач1уна хинаб х1еренаб их.
Зима дарит нам много красоты и веселья. Несмотря на холода, можно проводить время с пользой для здоровья, а также больше внимания уделить своим близким людям. А, кроме того, стоит помнить, что зима не вечна и скоро придет теплая, нежная весна.
(Примечание. Данный текст служит только образовательным целям для изучающих аварский язык, и мы не призываем отмечать новый год, который не относится к исламу).
Читайте также:
- Ложь во благо сочинение аргументы
- Сочинение на тему мое любимое произведение серебряного века
- Сочинение на тему варшава
- В чем проявляется противоположность натур онегина и ленского сочинение с цитатами
- Обелиск вечной славы сочинение
Похожие вопросы:
Другие предметы, 07.03.2019 12:46
Решить две 1. начерти прямоугольник длина которого 30мм.,а ширина 20мм.вычислите периметр данного прямоугольника и выразите его в сантиметрах.2. через 4 года маше будет 13 лет.сколько лет будет маши через 10 лет?
Ответов: 1
Другие предметы, 07.03.2019 09:52
Розвяжіть строчно численні функції 2 змін них z=x^2+xy+y^2
Ответов: 2
Другие предметы, 07.03.2019 22:04
40 нужен образец творческого годового проекта на технологию , умоляю
Ответов: 2
Другие предметы, 08.03.2019 06:05
Начертить 6 тетрайдоров правельных,провести плоскость симетрии.
Ответов: 1
У тебя есть свой ответ?
Сочинение на тему моя мечта на аварском языка т е дир анищ…
Вопросы по другим предметам:
Українська мова, 20.01.2021 19:14
Биология, 20.01.2021 19:14
Алгебра, 20.01.2021 19:15
Математика, 20.01.2021 19:15
Алгебра, 20.01.2021 19:15
Русский язык, 20.01.2021 19:16
Биология, 20.01.2021 19:16
Информатика, 20.01.2021 19:16
Математика, 20.01.2021 19:16
Английский язык, 20.01.2021 19:16
Обществознание, 20.01.2021 19:16
Английский язык, 20.01.2021 19:16
Английский язык, 20.01.2021 19:16
Русский язык, 20.01.2021 19:16
Другие предметы, 20.01.2021 19:16
Расул Х1амзатовасул «Авар мац1» абураб асаралда т1асан
сочинение.
Х1адур гьабуна 9 классалъул ц1алдохъан Дибирова Амина Д.
Щай дие къвариг1ун бугеб Дагъистан,
Дир гьаракь бахъани дир лъималахъа?!
Щай
дий маг1аруллъи, маг1арул чаг1аз
Чияр мац1 бицунеб жидерго гъаст1а?!
Дагъистаналъул
халкъияв поэт Расул Х1амзатов гьавуна 1923 соналъ Хунзахъ районалъул Ц1ада
росулъ маг1арулазе хирияв поэт Ц1адаса Х1амзатил хъизаналъе. Поэтасул вас
вук1иналъ Расулие рес кьуна жеги гьит1инго вук1аго, раг1ул къимат лъазе,
гьелъул пасих1лъи бич1ч1изе.Г1умруялъул аслияб иш г1адин, гьит1инго т1аса
бищана Расулица коч1ол нух, х1аракатги бахъана гьелъие киданиги хилиплъич1ого,
рит1ухълъи ц1унизе.
Расул Х1амзатовас
хъвана г1емерал асарал:куч1дул,поэмаби,къисаби.Гьел киналго рахъун руго анлъго
томалдасан данде гьарурал асаразул т1ахьазда.Гьес бат1и-бат1иял темабазда
т1асан хъвана куч1дул,поэмаби.Аслиял темаби руго гьес росун К1удияб Ват1анияб
рагъ ва рахьдал мац1 ц1уни.
Г1агараб авар мац1!
Дир кинабго бечелъи , кинабго хазина, дир дарман, дир гьаракь.Гьаб дунялалъул
рокъоб дие гьеб мац1 кутакалда г1агарлъана. Авар мац1алдехун дир рокьи т1оцебе
ц1ик1к1инабуна дир херас-Дибиров Мух1амадица,хадуб дир мунагьал чураяв инсуца,
дир эбелалъ ва дир инсул яцаз.Гьел киналго ккола г1урус ва авар мац1алъул муг1алимзаби.
Гьит1инаб заманалда
дун г1емер херазда аск1ой йик1унаан.Жакъа къоялъги дида жеги рак1алда руго
херас(ададица) бац1ц1адаб маг1арул мац1алъ дие ц1алулел р1ук1арал куч1дул,
маргьаби. Нижеца цоцазе бицанк1аби кьолаан.Херас дие «Лачен» журналалдасан ц1алулаан
куч1дул, кепал харбал. Огь, дир лъимерлъиялъул заман!
Авар мац1 буго
бищунго бечедабги хириябги.Гьеб мац1алъ загьир гьабула дица дир пикру,рек1ел
асар, рокьи, ццин.Мац1 бук1ине ккола азарил соназ бук1араб, умумуз нилъее
кьураб.
Расул Х1амзатовасул
дие г1емерал асарал рокьула: «Россиялъул солдатал», «Къункъраби», «Эбелалъ дир
кинидахъ…», «Вера Васильевна», «Маг1арулал», «Дун гьавураб къо».
Араб соналъ дица
ц1алана Расулил «Дир Дагъистан» абураб т1ехь. Гьеб буго инсанасул ва дунялалъул
х1акъалъулъ пикрабазул т1ехь. Жеги ц1алана «Маг1арулай» абураб поэма ва «Авар
мац1» абураб кеч1.
«Авар мац1» абураб
кеч1 дие кутакалда бокьана. Расул Х1амзатовасул «Авар мац1» абураб коч1ол
аслияб тема ккола рахьдал мац1 ц1уни, гьеб бокьи. Гьениб бицунеб буго рахьдал
мац1 гьеч1они, гьеч1о миллат, гьелъул маданият, рух1ияб бечелъи. Нилъее умумуз
ирсалъе тараб гьеб нилъеца наслабазе ц1унич1они, ц1унуларо халкъ.
Авторас асаралда
жаниб бицунеб буго ,макьилъ живго цо лъарал раг1аралда г1одов ккун
вук1ин.Гьебмехалъ гьесда борхалъудасан раг1ула руччабазул к1алъай. Гьел
к1алъалел рук1ун руго бац1ц1адаб маг1арул мац1алъ. Гьез бицунеб бук1ана ах,
хур-хералъул, бук1инесеб маг1ишаталъул,кьерхен-роц1еналъул,боц1и-панзалъул,
пуланав Х1асанил сих1ирлъиялъул.
Лъукъун, бида
вец1ц1ун, лъарал раг1алда вугев Расулил, маг1арул мац1алда к1алъалел г1адамазул
гьаракь раг1игун, бадиса маг1у бач1уна. Вахъана гьев т1аде.
Гьес абуна:
-Аваразул
калам,гьелъул камиллъи!
Кинабго черхалда
лъик1лъана ругънал.
Гьал раг1абаздасан
дида бич1ч1улеб буго Расулие авар мац1 кутакалда хирияб,г1агараб бук1ин.Гьес
коч1олъ хъвалеб буго рокъорги къват1ирги маг1арулаз бицине кколин жидерго
рахьдал мац1. Мактабаздаги авар мац1 малъизе кколин абулеб буго.Цоги Расул
Х1амзатовас хъвалеб буго, нилъ рокъоса унеб мехалъги нух бит1агийилан маг1арул
мац1алъ гурищила нилъеда улбуз абулеб . Гьеб бугила рекъараб нилъер халкъалда
черхалда борчараб рачел киниги.
«Авар мац1» абураб
коч1олъ Расул Х1амзатовас хъвалеб буго жиндие бат1аго бокьулила г1ураб ракь,
маг1арул т1алъи. Лъаларила кивехун жив хвелевали, амма жиндие хоб бокьилила
живго г1ураб г1агараб росулъ бук1ине. Жиндир хабада цересен унел цо-цо
нухлулаз, х1асратаб,маг1арул мац1алъ гьанив нилъер Х1амзатил Расул вугилан
абизе бокьилила жиндие. Гьесул раг1абаздасан бич1ч1улеб буго жиндирго Ват1ан,
рахьдал мац1 Расул Х1амзатовасе ц1акъго хирияб бук1ин.
Гьаб заманалда
г1емер бицулеб буго телевизоралдасан, газетазда, журналазда хъвалеб буго
нилъеца хирияб,г1агараб рахьдал мац1 ц1униялъул х1акъалъулъ. Гьеб ц1акъ
бит1араб буго. Нилъеца т1абиг1ат ц1унулеб г1адин , ц1унизе ккола бечедаб авар
мац1. Нилъеца- маг1арулаз ц1унич1они гьеб, лъица ц1унилеб?
Дида ккола,щивав
чиясул жиндирго мац1ги жиндирго ц1ваги бук1ине кколин. Дир мац1- гьеб ккола маг1арул
мац1. Гьеб дие бокьула дирго рух1г1ан. Жидерго мац1 хирияб бугин абураб жо
ккола эбел-инсуе лъималги лъималазе эбел-эменги хириял ругин абураб жо.
Дие бокьилаан,
рахьдал мац1алдехун ц1ик1к1ун рокьи бач1ине авар мац1алъул дарсал школалда
ц1ик1к1ун кьезе. Г1урус мац1алъул анлъго- анкьго саг1ат кьолеб мехалъ, щай авар
мац1алъул кьолареб?!
Нижер школалда авар
мац1 бокьуларев ц1алдохъан нагагьги гьеч1о. Пат1имат Мух1амадовналъ бат1ияб
рокьи бижизабуна нижер гьелдехун. Авар мац1алъул ва адабияталъул дарсазде
гъираялде уна ниж. Школалда щибаб хамиз къоялъ т1обит1ула авар мац1алъул
кружок. К1одо гьабула нижеца «Рахьдал мац1алъул къо». Т1орит1ула бат1и-бат1иял
х1аял, авар мац1алде хурхун куч1дул гьарула, сочинениял хъвала, сценкаби лъола,
х1аял т1орит1ула.
Аваразул калам
гьелъул камиллъи!
Лъаларо, Мух1амад, цогиязул иш,
Амма дица дирго рахъалъ абила:
Метер маг1арул мац1 хвезе батани,
Хваги дун жакъаго, жаниб рак1 кьвагьун.
Дир умумуз бицараб,
Улбуцаги бицунеб,
Урхъула духъ,авар мац1.
Малъе,эбел,рахьдал мац1.
Гьаб ракьалда дие хазиналъун ккола мац1ги гьаюрай эбелги.Маг1арул мац1-дир рахьдал мац1.Гьеб дица ц1унизе ккола.Дун гьеб мац1алъ гаргадула.Дир маг1арул мац1 бечедаб буго.Маг1арул мац1 ккола Дагъистаналъул аслияб мац1лъун.Дагъистаналда г1емер рук1ана ва гьанжеги руго маг1арул мац1 бечелъизеги т1обит1изеги гьарулел шаг1иралги хъвадарухъабиги.Маг1арул мац1 лъаларел маг1арулал г1емер руго нилъер.Дир пикруялда, гьезги х1аракат бахъизе ккела рахьдал мац1 лъазабизе.Гьелда т1ад ч1арал г1адамалги руго.Щал нилъ колел нилъерго мац1 к1очене тани.Мац1алдаго цадахъ ц1унизе ккола нилъеца нилъерго миллиял г1адаталги.Хасго маг1арулазул г1емерал руго г1адаталги гьединго бечедаб буго тарихги.Къоло щуго соналъ къеркьана имам Шамил диналъе г1ологи эркенлъиялъе г1ологи.Дунялалдаго ц1ар раг1арав,жинца дунялалдаго Дагъистаналъул ц1ар раг1инабурав Расул Х1амзатовас г1емерал куч1дузулъ бихьизабулеб буго жиндирго Ват1аналдехунги рахьдал мац1алдехунги бугеб рокьи. Нилъер шаг1ирас аманат гьабун тана мац1 ц1унеян,маг1арул г1адатал рехун теч1ого г1умруялда цадахъ рачеян,нилъер муг1рул рехун тогеян.
Улбузул х1урматалда
Хирияй, х1алимай, х1асратай эбел
Йокьула, йокьула, йокьула мун дий.
Гьарула дица дуй щулияб сахлъи
Лъимал-рукъалдаса йохун таги мун.
Гьал къоязда киса-кибего улкаялдаго г1адин Ц1ада росдал школалдаги к1одо гьабуна библиотекаялъул х1алт1ухъабигун цадахъ эбелалъул къо.
Эбел, гьеб раг1ул хинлъиги, хиралъиги, х1айранлъиги, х1еренлъиги, недегьлъиги лъаларев чи вижулев ватиларо ракьалда. Лъималазул рохел-эбелалъул рохел, лъималазул пашманлъи-эбелалъул рах1атхвей. Эбел ккола рукъалъул гъанситухъ ц1а ц1унулейги, лъик1аб тарбия кьун нилъер обществоялъул бук1инесеб г1ел-лъимал г1езарулейги, гьел г1адамалъе рахъинарулейги г1адан.
Т1аде ах1арал гьалбадерида, гьел гьоркьор ккун киналго руччабазда баркиялъулаб к1алъайги гьабун, гьеб вечер рагьана Ц1ада библиотекаялъул заведующая Г1алибегова Анисатица. Ц1ада аслияб школалъул ц1алдохъабаз рик1к1ана эбелалъул хиралъиялде гьарурал куч1дул.
Руччабазда гьайбатаб байрам баркизе дандеруссиналде рач1ун рук1ана Ц1ада росдал администрациялъул бет1ер Мух1амадов Мух1амад, гьебго росдал школалъул директор Г1алибегов Сайгидх1осен, лъебералда анлъго соналъ байбихьул школалъе нухмалъи гьабурав Мусаев Мух1амад ва гь. ц. Гьез нилъ гьарурал, к1удиял г1езарурал, бит1араб г1умруялъул нухде нилъ рачарал улбузда, яцазда баркана эбелалъул къо.
Руччаби к1удияб адабалъеги, реццалъеги мустах1икъал ругилан лъазабуна гьез. Жакъа нилъер маг1ишаталъул кинаб бут1аялда босаниги руччаби камураб бак1 гьеч1о. К1удияб Ват1анияб рагъул заманалда босаниги, гьелдаса хадусел соназ босаниги, руччабаз кибго бихьизабуна цебехъанги, къо х1ехьей, сабру, ях1-намус. Кибго ва сундулъго гьел рук1ана мисалияллъун.
Залалда к1удияб ч1аголъи бач1инабун бук1ана щибаб цере рахъиналдаса хадуб куч1дул ах1ун культураялъул х1аракатчи Х1ажимурад Дибировасги. Ниг1матаз бечед гьабураб столалда нахъа г1уц1араб рохалилаб байрам ана киналго разияб ах1вал-х1алалда.
Улбуз рак1-рак1алъулаб баркала кьуна жидее гьадинаб гьайбатаб, берцинаб байрам г1уц1арал библиотекаялъул ва школалъул х1алт1ухъабазе.
У. Къурамух1амадова.
Ц1уне улбул
Ч1ужуг1аданалъул, эбелалъул адаб-х1урмат гьабиялъул гъваридал кьалбал руго ва къадруяб г1адатлъун буго щибаб соналъ ноябрь моц1алъул ахирисеб гьат1ан къоялъ эбелалъул къо к1одо гьабулеб. Гьал къоязда рохалил ах1вал-х1алалда Х1ариколо культураялъул ва библиотекаялъул х1алт1ухъабаз росулъа улбулги къадруял руччабиги данде гьарун эбелалъул къоялъул х1урматалда т1обит1ана «Ц1уне улбул» абураб вечер.
Гьеб вечер рагьана ва нухда бачана СДК-ялъул директор Г1абдурах1манова Хадижатица. Гьелъ баркиялъул к1алъай гьабизе раг1и кьуна росдал бегавул Х1айбулаев Саг1адулагьие. «Нилъер улбузул лъик1ал ишаз ва берцинаб г1амал-т1абиг1аталъ квербакъулеб буго г1олеб г1елалъулъ лъик1ал хасиятал куцаялъе, жамг1ияталда рекъел ва раг1и дандеккей бук1инабиялъе. Гъанситоялъул хинлъи ц1унулей х1исабалда ч1ужуг1адан-эбел кидаго йик1ана ва йиго кинабго лъик1абщинабги гвангъараб щинабги жиндилъ бессарайлъун.
Къабул гьабе, хириял руччаби, улбул дир рак1-рак1алъулаб барки. Гьарула нужее щулияб сахлъи, икъбал-талих1 ва т1ураги нужер щиялъул рек1ел мурадал»,-ян абуна С. Х1айбулаевас. Хадубги дандеруссиналда рехсана г1урусазул хъвадарухъан Максим Горькияс ч1ужуг1адан, эбел к1одо гьаюн хъварал раг1аби: «Бакъ гьеч1они т1угьдул т1егьаларо, ч1ужуг1адан гьеч1они рокьи бук1унаро, эбел гьеч1они я поэт, я бах1арчи вахъунаро, дунялалъул кинабго ч1ух1и улбуздасан буго».
Баркиялъулал к1алъаял гьаруна школалъул директор Хваджаева Пат1иматица, Батирханова Г1айишатица, зах1маталъул ветеран Г1алиева Басиратица ва цогидазги. Бук1ана вечералъул г1ахьалчаг1азе г1уц1араб умумузул кванил ц1ураб гьайбатаб столги, рик1к1ана улбузе сайгъат гьарурал куч1дулги, хасго Мух1асива Залмуца ах1арал куч1дуз киналго вечералда г1ахьаллъаразул рак1ал рохизаруна. Ахиралдаги, киналго т1аде ах1ун рач1аразул рахъалдасан жидее гьадинаб гьайбатаб вечер т1обит1изе рак1алде ккарал клубалъул х1алт1ухъаби Г1абдурах1манова Хадижатие, Мух1асинова Залмуе, библиотекаялъул х1алт1ухъаби Г1абдулаев Х1ажие, Бат1алова Хадижатие рак1-рак1алъул баркала загьир гьабун хинал раг1аби абулелъул, бихьулеб бук1ана вечералда г1ахьаллъарал киналго рази рук1ин жидее гьабураб ихтилат-кепалдаса. Хъизан, рукъалдаса рохун таги нуж, х1урматиял улбул!!!
У. Къурамух1амадова.
Эбел, дир хирияй
Эбел, дир хирияй дуй къимат кьезе
Дида гьеб к1веларо, бажариларо,
Амма улбузул къо дудаги баркун
Хъвалел руго дица хадусел мухъал.
Бищун къиматаб жо-эбеллъун йик1ин,
Дуца къадруялда ц1унана хъизан.
Йиго мун эбеллъун, жеги гьудуллъун
Кьуна дуца нижей г1акълудул дарсал,
К1удияб хъизанги, рег1унгут1иги
Макьу щвеч1ел сардал чандай рогьана
Биччанте нижее гьабураб хъулухъ
К1удияб талих1лъун дуде рещт1ине.
Бищунго йокьулей, бищун хирияй
Мун нижер х1алимай, нижер х1еренай
Мун нижер сабурай, нижер г1акъилай
Баркала, хирияй, къох1ехьеялъухъ.
Малъана г1адамал рокьизе кколин,
К1удиязул адаб гьабизе кколин
Гьудуллъи щулияб бук1ине кколин,
Хилиплъи рек1елъе биччагейилан,
Гьеб дуца малъараб г1адахъги босун,
Гьале ниж к1удиял г1ун руго гьанже.
Мун разияй йик1ин, гьеб нижер мурад
Ва бищун к1удияб, роххелгун талих1.
Нижер лъималазе йокьулей «Бах1а»
Сахлъиялда таги гьаб г1умруялда.
Дур дуг1агун-гьари нижей х1ажатаб
Гьеб нахъаса камун ниж хут1угеги.
Т1ураги рак1алда ругел мурадал,
Бач1унгеги дут1е рак1 бакъвараб къо.
Ниж киналго лъимал х1адурал руго
Г1одой къулун дуе хъулухъ гьабизе.
Ракълилаб миккиян ккола рак1алде,
Къойилго гьардолей духъги балагьун.
Гьарула рекъелги, парахалъиги
Киназего г1ураб адаб х1урматги.
Мун г1адинал улбул нахъаса камун
Тогеги щивниги аб дунялалда.
Ургьиб рак1 к1ет1аги Эбел ц1унеян,
Гьеб бук1ина нилъер к1удияб кант1и.
Хадижат Г1абдурах1манова.
Хасел буго г1ажаибаб соналъул заман. Дие бокьула
къват1иб квачараб гьава-бакъ ва балеб г1азу. Гордазда т1ад раккулел г1ажаибал
суртал. Кибго сверухълъи хъах1лъараб мехалъ рак1алде ккола маргьулъ ругила.
Хасало бегьула хъешт1езе чангъазда, лыжазда, х1азе г1азу реч1ч1и ва гьабизе
г1азул чи.
Хасало квачан бугеб мехалъ бокьуларо къват1ире рахъине
рокъоса. Ва амма г1азу бараб къват1ахъа хьвадулеб мехалъ ва г1азу х1ат1икь
къерщолеб мехалъ, рак1 боххун бук1уна! Гьединаб гьава бугеб мехалъ цо бак1алда
ч1ун рук1ине бегьуларо. Рилълъани, рекерани, чангъазда хъешт1ани квачаларо!
Январалъ нижеца т1обит1ула бищунго г1ажаибаб байрам –
Ц1ияб сон. Гьеб заманалъ рак1арула кинабго г1агарлъи ва гьудулзаби, а эбелалъ
гьабула гьуинаб квен. Дие бокьула гьеб байрамалъул заманалда гордода рук1унел
кьер-кьерал къаполел чирхъал. Бищунго бокьулеб ц1ияб соналъул байрамазда –
кьолелги щолелги сайгъатал. Цебе дун божулаан гьел кьолилан Ц1орол Дадаца ва
хъвалаан гьесухъе каргътал. Амма эбел-инсухъа сайгъат щвейги лъик1 бук1уна.
Хаселалъ нилъее кьола г1емераб берцинлъиги роххелги.
Квачалъухъ балагьич1ого бегьула заман инабизе пайдагун сахлъиялъе, ва к1вар
буссинабизе нилъер г1агарлъиялде. К1очене бегьуларо хасел абадияб гьеч1еблъи ва
кват1ич1ого бач1уна хинаб х1еренаб их.
Зима дарит нам много красоты и веселья. Несмотря на
холода, можно проводить время с пользой для здоровья, а также больше внимания
уделить своим близким людям. А, кроме того, стоит помнить, что зима не вечна и
скоро придет теплая, нежная весна.
Источник: https://booksprice.ru/articles/predlozhenie-pridumat-so-slovom-bagana-na-avarskom-yazyke.html
Расул Х1амзатовасул «Авар мац1» абураб асаралда т1асан сочинение.
Х1адур гьабуна 9 классалъул ц1алдохъан Дибирова Амина Д.
Щай дие къвариг1ун бугеб Дагъистан,
Дир гьаракь бахъани дир лъималахъа?!
Щай дий маг1аруллъи, маг1арул чаг1аз
Чияр мац1 бицунеб жидерго гъаст1а?!
Дагъистаналъул халкъияв поэт Расул Х1амзатов гьавуна 1923 соналъ Хунзахъ районалъул Ц1ада росулъ маг1арулазе хирияв поэт Ц1адаса Х1амзатил хъизаналъе. Поэтасул вас вук1иналъ Расулие рес кьуна жеги гьит1инго вук1аго, раг1ул къимат лъазе, гьелъул пасих1лъи бич1ч1изе.Г1умруялъул аслияб иш г1адин, гьит1инго т1аса бищана Расулица коч1ол нух, х1аракатги бахъана гьелъие киданиги хилиплъич1ого, рит1ухълъи ц1унизе.
Расул Х1амзатовас хъвана г1емерал асарал:куч1дул,поэмаби,къисаби.Гьел киналго рахъун руго анлъго томалдасан данде гьарурал асаразул т1ахьазда.Гьес бат1и-бат1иял темабазда т1асан хъвана куч1дул,поэмаби.Аслиял темаби руго гьес росун К1удияб Ват1анияб рагъ ва рахьдал мац1 ц1уни.
Г1агараб авар мац1! Дир кинабго бечелъи , кинабго хазина, дир дарман, дир гьаракь.Гьаб дунялалъул рокъоб дие гьеб мац1 кутакалда г1агарлъана. Авар мац1алдехун дир рокьи т1оцебе ц1ик1к1инабуна дир херас-Дибиров Мух1амадица,хадуб дир мунагьал чураяв инсуца, дир эбелалъ ва дир инсул яцаз.Гьел киналго ккола г1урус ва авар мац1алъул муг1алимзаби.
Гьит1инаб заманалда дун г1емер херазда аск1ой йик1унаан.Жакъа къоялъги дида жеги рак1алда руго херас(ададица) бац1ц1адаб маг1арул мац1алъ дие ц1алулел р1ук1арал куч1дул, маргьаби. Нижеца цоцазе бицанк1аби кьолаан.Херас дие «Лачен» журналалдасан ц1алулаан куч1дул, кепал харбал. Огь, дир лъимерлъиялъул заман!
Авар мац1 буго бищунго бечедабги хириябги.Гьеб мац1алъ загьир гьабула дица дир пикру,рек1ел асар, рокьи, ццин.Мац1 бук1ине ккола азарил соназ бук1араб, умумуз нилъее кьураб.
Расул Х1амзатовасул дие г1емерал асарал рокьула: «Россиялъул солдатал», «Къункъраби», «Эбелалъ дир кинидахъ…», «Вера Васильевна», «Маг1арулал», «Дун гьавураб къо».
Араб соналъ дица ц1алана Расулил «Дир Дагъистан» абураб т1ехь. Гьеб буго инсанасул ва дунялалъул х1акъалъулъ пикрабазул т1ехь. Жеги ц1алана «Маг1арулай» абураб поэма ва «Авар мац1» абураб кеч1.
«Авар мац1» абураб кеч1 дие кутакалда бокьана. Расул Х1амзатовасул «Авар мац1» абураб коч1ол аслияб тема ккола рахьдал мац1 ц1уни, гьеб бокьи. Гьениб бицунеб буго рахьдал мац1 гьеч1они, гьеч1о миллат, гьелъул маданият, рух1ияб бечелъи. Нилъее умумуз ирсалъе тараб гьеб нилъеца наслабазе ц1унич1они, ц1унуларо халкъ.
Авторас асаралда жаниб бицунеб буго ,макьилъ живго цо лъарал раг1аралда г1одов ккун вук1ин.Гьебмехалъ гьесда борхалъудасан раг1ула руччабазул к1алъай. Гьел к1алъалел рук1ун руго бац1ц1адаб маг1арул мац1алъ. Гьез бицунеб бук1ана ах, хур-хералъул, бук1инесеб маг1ишаталъул,кьерхен-роц1еналъул,боц1и-панзалъул, пуланав Х1асанил сих1ирлъиялъул.
Лъукъун, бида вец1ц1ун, лъарал раг1алда вугев Расулил, маг1арул мац1алда к1алъалел г1адамазул гьаракь раг1игун, бадиса маг1у бач1уна. Вахъана гьев т1аде.
Гьес абуна:
-Аваразул калам,гьелъул камиллъи!
Кинабго черхалда лъик1лъана ругънал.
Гьал раг1абаздасан дида бич1ч1улеб буго Расулие авар мац1 кутакалда хирияб,г1агараб бук1ин.Гьес коч1олъ хъвалеб буго рокъорги къват1ирги маг1арулаз бицине кколин жидерго рахьдал мац1. Мактабаздаги авар мац1 малъизе кколин абулеб буго.Цоги Расул Х1амзатовас хъвалеб буго, нилъ рокъоса унеб мехалъги нух бит1агийилан маг1арул мац1алъ гурищила нилъеда улбуз абулеб . Гьеб бугила рекъараб нилъер халкъалда черхалда борчараб рачел киниги.
«Авар мац1» абураб коч1олъ Расул Х1амзатовас хъвалеб буго жиндие бат1аго бокьулила г1ураб ракь, маг1арул т1алъи. Лъаларила кивехун жив хвелевали, амма жиндие хоб бокьилила живго г1ураб г1агараб росулъ бук1ине. Жиндир хабада цересен унел цо-цо нухлулаз, х1асратаб,маг1арул мац1алъ гьанив нилъер Х1амзатил Расул вугилан абизе бокьилила жиндие. Гьесул раг1абаздасан бич1ч1улеб буго жиндирго Ват1ан, рахьдал мац1 Расул Х1амзатовасе ц1акъго хирияб бук1ин.
Гьаб заманалда г1емер бицулеб буго телевизоралдасан, газетазда, журналазда хъвалеб буго нилъеца хирияб,г1агараб рахьдал мац1 ц1униялъул х1акъалъулъ. Гьеб ц1акъ бит1араб буго. Нилъеца т1абиг1ат ц1унулеб г1адин , ц1унизе ккола бечедаб авар мац1. Нилъеца- маг1арулаз ц1унич1они гьеб, лъица ц1унилеб?
Дида ккола,щивав чиясул жиндирго мац1ги жиндирго ц1ваги бук1ине кколин. Дир мац1- гьеб ккола маг1арул мац1. Гьеб дие бокьула дирго рух1г1ан. Жидерго мац1 хирияб бугин абураб жо ккола эбел-инсуе лъималги лъималазе эбел-эменги хириял ругин абураб жо.
Дие бокьилаан, рахьдал мац1алдехун ц1ик1к1ун рокьи бач1ине авар мац1алъул дарсал школалда ц1ик1к1ун кьезе. Г1урус мац1алъул анлъго- анкьго саг1ат кьолеб мехалъ, щай авар мац1алъул кьолареб?!
Нижер школалда авар мац1 бокьуларев ц1алдохъан нагагьги гьеч1о. Пат1имат Мух1амадовналъ бат1ияб рокьи бижизабуна нижер гьелдехун. Авар мац1алъул ва адабияталъул дарсазде гъираялде уна ниж. Школалда щибаб хамиз къоялъ т1обит1ула авар мац1алъул кружок. К1одо гьабула нижеца «Рахьдал мац1алъул къо». Т1орит1ула бат1и-бат1иял х1аял, авар мац1алде хурхун куч1дул гьарула, сочинениял хъвала, сценкаби лъола, х1аял т1орит1ула.
Аваразул калам гьелъул камиллъи!
Лъаларо, Мух1амад, цогиязул иш,
Амма дица дирго рахъалъ абила:
Метер маг1арул мац1 хвезе батани,
Хваги дун жакъаго, жаниб рак1 кьвагьун.