Обновлено: 11.03.2023
9 Смотреть ответы Добавь ответ +10 баллов
Ответы 9
ответ: Дир йиго лъик!ай гьудул гьелъда ц!ар буго Аминат. Ниж ц!алулел руго 7 классалда. Ниж кидаго рук!уна цадахъ.
прости прости прост
Дун кодой вачарай, каранде къарай,
Керен дие кьурай, гIезе гьавурай,
Кинидахъ гIодой чIун ахх бачунаго,
Чанги сардал дие гIолон рорчIарай.
Баба бокьиларо дур беразда дий,
Рохалил гурони магIу хулизе,
Баба бокьиларо дур гIиналдаги,
Гьуинаб гурони калам рагIизе.
Гьаниб дие бокьун буго бицине дирго эбелалъул хIакъалъулъ. Эбел ккола дие бищунго кIудияб хазина. Эбелалъ дида малъула лъазе тIадабщинаб. Дир эбел йиго цIодорай, гIакъилай, пагьму кIудияй, гIадамазда гъорлъ берцинго кIалъазе ва йикIине лъалей. Дие бокьилаан гьелъ жиндирго сахлъи цIунизе, халатаб сонилаб гIумру гьелъул букIине, гьелъул рекIелъ ругелщинал мурадал тIуразе ва нижедаса йохун йикIине. Дир гIадинай хIеренай, хIасратай, калам гьуинай эбел лъилго йигодай? Эбелалъ абураб нухда хьвадани гьев чи киданиги мекъи ккезе гьечIо, гьеб дидаго бихьараб жо буго. Дие дирго эбел ккола ракI бащадай гьудуллъунги. Гьелъие дица рекIел ургъалаби рикьула, цинги гьелъ дидаги бицуна кин-щиб гьабилебали. Эбелалъе лъимер ккола бищунго кIудияб хазина. Эбелалъул лъикIлъиялъулги гьелъул хIеренлъиялъулги бицун бахъунаро.
Дица умумузе гьарула чорхое сахлъи, халатаб гIумру, рохалилаб гуреб хабар рагIугеги гьезда. Эбелалъ лъимералда квешаб жо малъуларо.
Дир хIеренай эбел, хIасратай эбел,
ГIакълу-лъай нижеда малъарай эбел,
Эбел, дур берцинлъи борцунеб роцен
Жеги бахъун гьечIин тола нижеца.
Дир эбел
Дир эбел йиго лъик1ай, берцинай. Дие гьей ц1акъ йокьула.
Дир эбел йиго х1алт1улей(напиши где). Дица гьелъие кумек гьабула:жо чуризе, х1алт1и гьабизе, бусен бак1аризе, квендезе до гьабизе.Дие дир эбелалъ (напиши столько братьев и сестёр)
Дир эбел киназа йокьула гьей йиго ц1акъ г1амал лъик1ай.
Эбелалъул къимат гьабизе ккола унтаниги шокълуниги
Кем только не мечтают люди стать: знаменитыми космонавтами, как Ю. Гагарин, отважными пожарниками, врачами, чтобы сотни жизней, певцами, чтобы блистать на сцене, учителями, чтобы давать знания… Профессий существует много, главное – не ошибиться в своем выборе и посвятить этой профессии всю свою жизнь. У каждого есть свои интересы, свои любимые занятия, у кого-то есть талант, а кто-то быстро и легко всему научиться. В детстве я мечтала быть певицей, потому что любила петь и хотела стать знаменитой, но потом поняла, что это была только лишь детская мечта. Я люблю много читать и писать что-то интересное, высказывать свое мнение и спорить о чем-либо и быть может именно поэтому я стала задумываться о профессии журналиста. Сейчас я уже уверенно могу сказать, что это именно то, что мне нужно.
Быть журналистом – это интересно! Что может быть интереснее, чем брать интервью, знакомится с новыми людьми, узнавать подробности их жизни и о том, как они добивались успеха? Или видеть одной из первых какое-либо событие, а потом об этом рассказывать всей стране, всему миру и неважно каким образом: написать об этом в газете или сделать об этом репортаж? Я мечтаю делать свои репортажи и, если понадобится, уезжать для этого в далекую глубинку нашей большой страны или же наоборот: лететь несколько часов на самолете в далекую страну, а потом рассказывать всей стране по телевидению о том, что произошло. Профессия журналиста и трудна и интересна. Но в то же время это очень ответственная работа, потому что мир узнает о новостях именно из уст журналистов и важно донести до зрителя или читателя информацию, не искажая ее.
Я уверенна, что каждый найдет свое призвание и будет любить свою работу, посвятит ей всю свою жизнь, важно лишь сделать правильный выбор, выбор своей профессии!
- Для учеников 1-11 классов и дошкольников
- Бесплатные сертификаты учителям и участникам
ГКОУ РД «Дарада-Мурадинский лицей
ХIадур гьабуна: 6 кл. цIалдохъан, Хизриева Патимат МухIамадовна.
Руководитель: авар мацIалъул ва адабияталъул мугIалим,
Махова Гьидаят ГIашуралмухIамадовна.
Дир росу. Гьеб к!иябго раг!иялъ куркьбал гъоларев инсанго вук!унев ватиларо. Гьеб гьит!инаб Ват!аналъ т!орит!ула нилъ к!удияб Ват!аналъул г!ат!илъабазде. Нилъер щивав ч!ух!ула жидерго росдадаса, щивасда ккола гьеб дунялалдаго бищун ц!акъаб т!ок!аб бугилан, гьенир ругин бищунго лъик!ал г!адамалилан.
Проекталъул мурад: Х!акъикъияб умумузул Ват!ан лъазе гьаби, росдал тарих лъай, Ват!аналде ва гьит!инаб улкаялде рокьи ц!ик!к!изаби.
Аслияб бутIа.
ЛъарагIан абула цIоран абула
ЦIино дунялалъул Дарада буго
Гьава-бакъ рекъараб, ракI хIайранлъулеб
ХIикматаб бакI буго гьаб тIалъиялда.
Инсул мирк, умумузул мина — гьелъул кавудухъан, гьеб хъалаялъусан т!амула щивав инсанас т!оцересел галаби г!умруялде,г!ат!идаб дунялалде.
Къисматалъул нухазда, бигьаял гурел свералабаздагун сухъмахъазда чиясда к!очене бегьуларо г!ураб росу, умумузул къайи-свери, авалаб бац!ц!алъи. Гьеб ц!униялъ ва к!очонтунгут!иялъ к!одо гьавула инсан, квербакъула зах!малъаби къезаризе, къуват кьола церелъурал мурадал т!ураялъе, анищазде щвезе.
Хъвалеб буго дица рек!елъ ч!ух!игун
Дирго росдал берцинлъи нужой рагьизе,
Муг!руз сверун ккураб.т!абиг!ат берцин,
Мунг!ан бац!ц!адаб бак! кибго батич!о
Дир х!асратги, шавкъги, къуватги, кеч!ги
Кинабго дуе сайгъатлъун кьола
Дир умумузул ракь Дарада-Мурада
Чанги г!акълу т!ок!ал учительзабаз
Чанги лъай бергьарал тохтурзабазги
Чанги росдал намус жинца ц!унарал
Васазги ясазги ц!ун буго росу.
Дун йижараб ракь Дарада-Мурада
Гьоболлъи хирияб нижер жамаг!ат,
Дун нужедаса ц!акъ ч!ух!арай йиго.
Дица г!умру т!амулеб буго Гъизилюрталъул зонаялъул Каспиялъул г!одоблъиялда. Дида г!емер раг!улеб бук!ана бицунеб к!удадацаги к!одоэбелалъги гьаб ниж жанир ругеб росу г!уц!анин, араб г!умруялъул 30- соназ,х!акъикъияб нижер умумузул Ват!ан кколин Хьаргаби районалъул Дарада-Мурада росуйилан.
Х!акъикъаталдаги гьаб росу г!уц!изе нижер умумузда бихьун буго к!удияб г!акъубаги, баччун буго г!емераб зах!матги. Гьекъезе бац!ц!адаб лъимги гьеч!еб, чехь г!орц!изег!ан кваназе квенги гьеч!еб, жанир ч!езе ракьулъ рухъун гьарурал хъощал гурони рукъзалги гьеч!еб, гьаб г!ат!иракьалда ц!идасан яшав гьабизе расги бигьаго бук!ун гьеч!о гьезие.
Бит!ахъе абуни, гьаб г!ат!иракьалда г!уна к!удияб росу 250 ц!араки жаниб бугеб. Гьит!инасда, к!удиясда, ц!алдохъабазда ц!ехани мун кисайилан, гьез лъалхъич!ого, к!удияб гъираялда жаваб кьола дун кколин Дарада-Мурадасайилан. Абич!ого кинха телеб цоясул эбел Мурадаса ятани, эмен Дарадаса кколелъул, гьелъул г!аксалда эмен Мурадаса ватани , эбел Дарадаса кколелъул.
Лъалеб жо буго, унго-унгояб куцалда Ват!ан бокьизе ккани, гьелъул х!акъикъияб тарих лъазе ккола лъик!аб куцалда.
Дарада-Мурадисезул тарих мукъсанаб гьеч!о, г!емер бечедаб буго.
1945 аб. соналъ Дарада-Мурада росу ана территориалияб ва административияб куцалда ц!ияб г!уц!араб Хьаргаби районалда гъорлъе , гьеб мех щвезег!ан гьеб росу бук!ана Дагъистан АССРалъул Гъуниб районалде гъорлъе.
Гьеб ккола дир г!умруялда жаниб т!оцебесеб ц!акъ пайдаяб экскурсия. Ниж ана Россиялдаго бищунго жиб халатаб 4304 метр бугеб Унцукуль районалъул тоннелалдаса, 2012 абилеб соналъ жиб х!алт!изе биччараб.
Нижеца байбихьана экскурсия нижерго умумузул ракь Г!урухъ-майданалдаса. Г!урухъ-майдан абиялъул маг!на ккола г!орда аск!об бугеб майданилан аби. Гьеб майдан буго ц!акъ бихьизе берцинал гьайбатал ахбазаналъул ва мокьрол ахал ругеб бак!.
Гьел ахал г!езаризе к!удияб квег!енлъи ва санаг!алъи бук!уна аск!об бугеб Гъуниб ГЭСалъул плотинаялдаса .
Ниж щвана Хьаргаби ГЭСалдеги. Гьеб плотинаялъул борхалъи 57, 7 м. Гьеб буго 1940 аб. соналъул 25 сентябралда Дагъистаналда жиб т!оцебе бараб ГЭС.
Дарада-Мурадисезул ракьал байбихьула квег!исан, Къаралазул гъойсу г!оралъул раг!аллъиялдасан. Росулъе нух буго дунялалда жаниб жиндир к!удияб маг!на бугеб Георгиевский кьода т!асан. Гьеб кьоялда буго лъабго бат!ияб ц1арги. Баг!араб кьойилан абуниги, Селдерил кьоян абуниги, Георгиевскийилан абуниги гьеб цо маг!наялде бач!унилан хъвалеб буго Дагъистаналъул бак!азул г!адлу лъалев Булач Х!ажиевас.
Дарада-Мурада росдал г!адамазул г!умруялъулъ ккараб машгьураб лъугьа-бахъинлъун ккана Имам Шамилил гьариялдалъун дунялалдаго ц!ар раг!арав Петербургалъул медицинаялъулаб хирургияб академиялъул профессор Николай Иванович Пирогов росулъе вач!ин.
Николай Иванович Пирогов
Бищун ц!адулъ босун Кавказалъул рагъ бугеб Шамилил заманалда вач!уна росулъе Пирогов, гьесул гьениве вач!иналъул аслияб мурадлъунги бук!ана рагъул майданалда наркоз х!алт!изабун, операциял гьари ва гьеб наркозалъул х!албихьи гьаби.Гьеб наркозги х!алт!изабун, Н.И. Пироговас нилъер имамасе,хирияв наибасе медицинаялъулаб кумек гьабула.
Н.И. Пирогов рагъул майданалда
Дагъистаналда Пироговас х!алт!изарулел рук!арал алатал жакъа къоялъги Мах!ачхъалаялда бугеб Дагъистаналъул пачалихъияб краеведческияб музеялда ц!унун руго.
Дарада-Мурадисезул аслияб х!алт!и-пишалъун ккола ахихъанлъи. Гьениб бач!ин гьарзаяб пихълъун рик!к!уна ахбазанги микьирги.Хаслихъе нахърателалъе бакъвазабула курак. Гагаги къват!иб бахъун, т!охда бакъвазе бараб куракалъ , риидал рик!к!адаса балагьун дарада-мурадисезул т!охал т!огьилкьераллъун рихьула.
Дарада-Мурадисезул аслияб маг!ишат цебет!езабиялъе квербакъи гьабуна г!емерал медалазул ва орденазул кавалер ,лъебералда щуго соналъ росдал колхозалъе председательлъи гьабурав мунагьал чураяв Нажмудинов Халит Мух!амадовичас. Гьес к!удияб к!вар кьолаан ах г!езабиялде ва росдал маг!ишатияб рахъалде.
Нажмудинов Халит жиндирго лъади ПатIиматгун.
Лъайщвеялъул ва лъайкьеялъул рахъалдеги к!удияб к!вар кьола дарада-мурадисез.Гьединлъидал росулъе щвараб мехалъ , дие бокьана нижерго умумул ц!алараб мактаб бихьизе.Гьелъие ниже кумек гьабуна школалъул директор Раджабова Султанат Рамазановнаялъ.Гьелъ нижее баян гьабуна росулъ г!елму цебет!еялъе, доб араб г!асруялъул 50- абилел соназ Дагъистаналъул киналниги росабалъе г!адин нижер Дарада-Мурадеги рач!ун рук!анилан г!урус муг!алимзаби ва гьез тарихалъулъ нижер росуцоязе нахъе танилан жидерго рахъалъ лъик!ал рак!алдещвеял. Гьабсаг!аталдаги халкъалда к!очон гьеч!о Сталининградалдаса яч!арай г!урус мац!алъул учительница Шипулина Екатерина Степановна, гьединго Воронежалдаса яч!арай математикаялъул учительница Харитонова Зинаида Михайловна. Султанат Рамазановнаялъ бицана росдал г!адамал гьездаса ц!акъ рохун рук!анилан, гьез лъималазе лъай кьеялда цадахъ тарбияги кьунилан, бат!и-бат!иял г!адаталги , культураги малъанилан, ва цоги гьелъ абуна гьел учительзабаз рагьанилан ц!алдохъабазе г!урус адабияталде нух, лъазе гьарунилан Лермонтовасул, Пушкинил , Толстоясул, Репинил асарал ва гьел асаразулъ бугеб г!урус культураги маданиятги.
Гьединго, кидаго сабурав, ц!одорав, г!акъилав, 20 соналъ жинца школалъе нухмалъи гьабурав Х!ажиев Мух!амад Х!ажиевичасул ц!ар росуцояз х!урматалда рехсолеб бугоан. Гьев ккола т!оцебе росулъ т!адег!анаб лъай босарав. Къваридаб замана бугониги, гьес росдае бан кьуна кинабго оборудованиеги жаниб бугеб микьгосонилаб школа.Гьев вук!анин бицуна г!акъилав, бергьараб лъаялъул инсан.
Гьаб стендалда руго Дагъистаналдаго ц!ар раг!арал тохтурзабиги, Дагъистаналъул мустах!икъал учительзабиги, Ват!анияб рагъул г!ахьалчаг!иги, зах!маталъул ветераналги, Дагъистаналда гурелги Россиялдаго бергьенлъи босарал спортсменалги. Ниж киналго дарада-мурадисел гьездаса ч!ух!ула, ва нижее г!ун бач!унеб г!елалъе, гьел рук!ина абадиялъго мисаллъун.
ХIасил гьаби.
Нилъеда т!адаб налъи ккола нилъер инсул росуги, г!адатги, тарихги ц!уни ва лъай. Гьел ц!унулездаса мисалги босун, т!аде бач!унеб ц!ияб г!елалъухъе гьеб щвезабиги.
Жидер умумул рижараб ракьалде х!асратаб рокьи гьеч!ев инсанасе,дир х!исабалда, гьаб дуниялалда г!умру гьабизе кутакалда зах!матго бук!ина. Дие дир умумузул росу ц!акъ кутакалда бокьана, гьенир ругел г!урччинал байдаби, бац!ц!адаб гьава, ц!орораб иццул лъим…
Гьаб проекталда т!ад х!алт1и гьабулаго, дида жегиги лъик!го дирго росдал бечедаб тарихги лъана, росу цебет!езабизе квербакъи гьабурал, къимат т1ок!к!ал дарада-мурадиселгун лъай-хъвайги ккана. Дун кутакалда ч!ух!арай йиго дирго росуцояздаса, щиб ц!ехон аниги жидеца мурад т!убалел, гьобол-гьудуласул адаб ц!ик!к!арал. Дица дирго росдае гьарула щибаб къоялъ т!адеялдаса т!аде берцинлъи , т!егьай ва кинабго лъик!аб щинаб.
Читайте также:
- Ломать не строить сочинение
- Лес емеля знал очень хорошо он был там как дома огэ сочинение
- Хорошее и плохое слово сочинение
- Народность в евгении онегине сочинение
- Какие добрые чувства пробуждает пушкин своими стихами 6 класс сочинение
ГКОУ РД «Дарада-Мурадинский лицей
Гергебильского района»
Проект:
«Дир гьитIинаб улка – Дарада-Мурада»
ХIадур гьабуна: 6 кл. цIалдохъан, Хизриева Патимат МухIамадовна.
Руководитель: авар мацIалъул ва адабияталъул мугIалим,
Махова Гьидаят ГIашуралмухIамадовна.
2018 с.
Байбихьи.
Дир росу. Гьеб к!иябго раг!иялъ куркьбал
гъоларев инсанго вук!унев ватиларо. Гьеб гьит!инаб Ват!аналъ т!орит!ула нилъ
к!удияб Ват!аналъул г!ат!илъабазде. Нилъер щивав ч!ух!ула жидерго росдадаса,
щивасда ккола гьеб дунялалдаго бищун ц!акъаб т!ок!аб бугилан, гьенир ругин
бищунго лъик!ал г!адамалилан.
Бищунго къвариг!араб (актуальность): Аби буго, унго-унгояб къаг!идаялъ Ват!ан
бокьизе ккани , гьеб лъазабизе кколин абураб. Ват!аналде рокьийин абуни
байбихьула росдадасан, г!агараб ракьалдасан, гьелъул жакъасеб ва араб г!умру
лъазабиялдасан.Аварагасул х!адисги бугелъул : «Ват!ан бокьи инсанасул иман
буголъиялдасан буго»,- ян абураб.
Проекталъул мурад: Х!акъикъияб умумузул Ват!ан лъазе гьаби, росдал тарих лъай,
Ват!аналде ва гьит!инаб улкаялде рокьи ц!ик!к!изаби.
Аслияб бутIа.
ЛъарагIан абула цIоран абула
ЦIино дунялалъул Дарада буго
Гьава-бакъ рекъараб, ракI хIайранлъулеб
ХIикматаб бакI буго гьаб тIалъиялда.
«Хьаргаби районалъул Дарада-Мурада росу
»
Инсул мирк, умумузул мина —
гьелъул кавудухъан, гьеб хъалаялъусан т!амула щивав инсанас т!оцересел галаби
г!умруялде,г!ат!идаб дунялалде.
Къисматалъул нухазда, бигьаял
гурел свералабаздагун сухъмахъазда чиясда к!очене бегьуларо г!ураб росу,
умумузул къайи-свери, авалаб бац!ц!алъи. Гьеб ц!униялъ ва к!очонтунгут!иялъ
к!одо гьавула инсан, квербакъула зах!малъаби къезаризе, къуват кьола церелъурал
мурадал т!ураялъе, анищазде щвезе.
Хъвалеб буго дица рек!елъ
ч!ух!игун
Дирго росдал берцинлъи нужой
рагьизе,
Муг!руз сверун ккураб.т!абиг!ат
берцин,
Мунг!ан бац!ц!адаб бак! кибго
батич!о
Дир х!асратги, шавкъги, къуватги,
кеч!ги
Кинабго дуе сайгъатлъун кьола
Дир умумузул ракь Дарада-Мурада
Чанги г!акълу т!ок!ал
учительзабаз
Чанги лъай бергьарал
тохтурзабазги
Чанги росдал намус жинца ц!унарал
Васазги ясазги ц!ун буго росу.
Дун йижараб ракь Дарада-Мурада
Гьоболлъи хирияб нижер жамаг!ат,
Дун нужедаса ц!акъ ч!ух!арай
йиго.
Дица г!умру т!амулеб буго
Гъизилюрталъул зонаялъул Каспиялъул г!одоблъиялда. Дида г!емер раг!улеб бук!ана
бицунеб к!удадацаги к!одоэбелалъги гьаб ниж жанир ругеб росу г!уц!анин, араб
г!умруялъул 30- соназ,х!акъикъияб нижер умумузул Ват!ан кколин Хьаргаби
районалъул Дарада-Мурада росуйилан.
Х!акъикъаталдаги гьаб росу
г!уц!изе нижер умумузда бихьун буго к!удияб г!акъубаги, баччун буго г!емераб
зах!матги. Гьекъезе бац!ц!адаб лъимги гьеч!еб, чехь г!орц!изег!ан кваназе квенги
гьеч!еб, жанир ч!езе ракьулъ рухъун гьарурал хъощал гурони рукъзалги гьеч!еб,
гьаб г!ат!иракьалда ц!идасан яшав гьабизе расги бигьаго бук!ун гьеч!о гьезие.
Бит!ахъе абуни, гьаб
г!ат!иракьалда г!уна к!удияб росу 250 ц!араки жаниб бугеб. Гьит!инасда,
к!удиясда, ц!алдохъабазда ц!ехани мун кисайилан, гьез лъалхъич!ого, к!удияб
гъираялда жаваб кьола дун кколин Дарада-Мурадасайилан. Абич!ого кинха телеб
цоясул эбел Мурадаса ятани, эмен Дарадаса кколелъул, гьелъул г!аксалда эмен
Мурадаса ватани , эбел Дарадаса кколелъул.
Лъалеб жо буго, унго-унгояб
куцалда Ват!ан бокьизе ккани, гьелъул х!акъикъияб тарих лъазе ккола лъик!аб
куцалда.
Дарада-Мурадисезул тарих
мукъсанаб гьеч!о, г!емер бечедаб буго.
1945 аб. соналъ Дарада-Мурада
росу ана территориалияб ва административияб куцалда ц!ияб г!уц!араб Хьаргаби
районалда гъорлъе , гьеб мех щвезег!ан гьеб росу бук!ана Дагъистан АССРалъул
Гъуниб районалде гъорлъе.
Гьаб «Дир гьит!инаб улка —
Дарада-Мурада» абураб проекталда т!ад х!алт!и байбихьилалде ,дие чара гьеч!ого
х!ажат бук!ана гьелъул кьолболъанго тарих лъазе. Гьеб мурадалъе г!оло,
нижеца х!укму гьабуна дирго руководитель Гьидаят Г!ашуралмух!амадовнагун цадахъ
нижерго г!агараб Хьаргаби районалъул Дарада-Мурада росулъе щвезе ине.
Гьеб ккола дир г!умруялда жаниб
т!оцебесеб ц!акъ пайдаяб экскурсия. Ниж ана Россиялдаго
бищунго жиб халатаб 4304 метр бугеб Унцукуль районалъул тоннелалдаса, 2012
абилеб соналъ жиб х!алт!изе биччараб.
Нижеца байбихьана экскурсия нижерго
умумузул ракь Г!урухъ-майданалдаса. Г!урухъ-майдан абиялъул маг!на ккола г!орда
аск!об бугеб майданилан аби. Гьеб майдан буго ц!акъ бихьизе берцинал гьайбатал
ахбазаналъул ва мокьрол ахал ругеб бак!.
«ГIурухъ-майдан»
Гьел ахал г!езаризе к!удияб
квег!енлъи ва санаг!алъи бук!уна аск!об бугеб Гъуниб ГЭСалъул плотинаялдаса
.
Ниж щвана Хьаргаби ГЭСалдеги. Гьеб
плотинаялъул борхалъи 57, 7 м. Гьеб буго 1940 аб. соналъул 25
сентябралда Дагъистаналда жиб т!оцебе бараб ГЭС.
Дарада-Мурадисезул ракьал
байбихьула квег!исан, Къаралазул гъойсу г!оралъул раг!аллъиялдасан. Росулъе нух
буго дунялалда жаниб жиндир к!удияб маг!на бугеб Георгиевский кьода т!асан.
Гьеб кьоялда буго лъабго бат!ияб ц1арги. Баг!араб кьойилан абуниги, Селдерил
кьоян абуниги, Георгиевскийилан абуниги гьеб цо маг!наялде бач!унилан хъвалеб
буго Дагъистаналъул бак!азул г!адлу лъалев Булач Х!ажиевас.
«БагIараб кьо»
Дарада-Мурада росдал г!адамазул
г!умруялъулъ ккараб машгьураб лъугьа-бахъинлъун ккана Имам Шамилил
гьариялдалъун дунялалдаго ц!ар раг!арав Петербургалъул медицинаялъулаб
хирургияб академиялъул профессор Николай Иванович Пирогов росулъе вач!ин.
Николай Иванович Пирогов
Бищун ц!адулъ босун Кавказалъул
рагъ бугеб Шамилил заманалда вач!уна росулъе Пирогов, гьесул гьениве
вач!иналъул аслияб мурадлъунги бук!ана рагъул майданалда наркоз х!алт!изабун,
операциял гьари ва гьеб наркозалъул х!албихьи гьаби.Гьеб наркозги х!алт!изабун,
Н.И. Пироговас нилъер имамасе,хирияв наибасе медицинаялъулаб кумек гьабула.
Н.И. Пирогов рагъул
майданалда
Дагъистаналда Пироговас
х!алт!изарулел рук!арал алатал жакъа къоялъги Мах!ачхъалаялда бугеб
Дагъистаналъул пачалихъияб краеведческияб музеялда ц!унун руго.
Гьединго росдал годек!аналдаса
г!емер рик!к!ад гьеч!о мемориалияб хъарщи, жинда т!ад гьадинаб хъвай-хъваг!ай
бугеб «1928 соналъ гьаб минаялда жаниб лъалхъи гьабуна Михаил Иванович
Калининица». Гьев гьаниве вач!иналъул г!иллаги бук!ун буго Дагъистаналъул
муг!рузул берцинлъи бихьизе г!оло.
Дарада-Мурадисезул аслияб
х!алт!и-пишалъун ккола ахихъанлъи. Гьениб бач!ин гьарзаяб пихълъун рик!к!уна
ахбазанги микьирги.Хаслихъе нахърателалъе бакъвазабула курак. Гагаги къват!иб
бахъун, т!охда бакъвазе бараб куракалъ , риидал рик!к!адаса балагьун
дарада-мурадисезул т!охал т!огьилкьераллъун рихьула.
Дарада-Мурадисезул аслияб
маг!ишат цебет!езабиялъе квербакъи гьабуна г!емерал медалазул ва орденазул
кавалер ,лъебералда щуго соналъ росдал колхозалъе председательлъи гьабурав
мунагьал чураяв Нажмудинов Халит Мух!амадовичас. Гьес к!удияб к!вар кьолаан ах
г!езабиялде ва росдал маг!ишатияб рахъалде.
Нажмудинов Халит
жиндирго лъади ПатIиматгун.
Гьединго т!ок!аб х!урматалдалъун
ва къиматалдалъун росулъ гурев районалдагицин к!одо гьавула зах!маталъул
ветеран, К!удияб Ват!анияб рагъул г!ахьалчи, Дагъистаналъул мустах!икъав
учитель Т!агьиров Т!агьир Лат!ифович. Гьев вук!ана Дагъистаналъул
хъвадарухъабазул членлъун ва г!емерал т!ахьазул авторлъунги. Рагъул темаялде
хъварал гьесул т!ахьал Дагъистаналъул ц!алдолезда гьоркьор машгьурал руго.
Гьединго гьес хъвараб «Г!ажаибав к!удада» абураб литературияб асаралъ бицунеб
буго Дагъистаналде Калинин вач!иналъул.
Лъайщвеялъул ва лъайкьеялъул
рахъалдеги к!удияб к!вар кьола дарада-мурадисез.Гьединлъидал росулъе щвараб
мехалъ , дие бокьана нижерго умумул ц!алараб мактаб бихьизе.Гьелъие ниже кумек
гьабуна школалъул директор Раджабова Султанат Рамазановнаялъ.Гьелъ нижее баян
гьабуна росулъ г!елму цебет!еялъе, доб араб г!асруялъул 50- абилел соназ
Дагъистаналъул киналниги росабалъе г!адин нижер Дарада-Мурадеги рач!ун
рук!анилан г!урус муг!алимзаби ва гьез тарихалъулъ нижер росуцоязе нахъе
танилан жидерго рахъалъ лъик!ал рак!алдещвеял. Гьабсаг!аталдаги халкъалда
к!очон гьеч!о Сталининградалдаса яч!арай г!урус мац!алъул учительница Шипулина
Екатерина Степановна, гьединго Воронежалдаса яч!арай математикаялъул
учительница Харитонова Зинаида Михайловна. Султанат Рамазановнаялъ бицана росдал
г!адамал гьездаса ц!акъ рохун рук!анилан, гьез лъималазе лъай кьеялда цадахъ
тарбияги кьунилан, бат!и-бат!иял г!адаталги , культураги малъанилан, ва цоги
гьелъ абуна гьел учительзабаз рагьанилан ц!алдохъабазе г!урус адабияталде нух,
лъазе гьарунилан Лермонтовасул, Пушкинил , Толстоясул, Репинил асарал ва гьел
асаразулъ бугеб г!урус культураги маданиятги.
Гьединго, кидаго сабурав,
ц!одорав, г!акъилав, 20 соналъ жинца школалъе нухмалъи гьабурав Х!ажиев
Мух!амад Х!ажиевичасул ц!ар росуцояз х!урматалда рехсолеб бугоан. Гьев ккола
т!оцебе росулъ т!адег!анаб лъай босарав. Къваридаб замана бугониги, гьес росдае
бан кьуна кинабго оборудованиеги жаниб бугеб микьгосонилаб школа.Гьев вук!анин
бицуна г!акъилав, бергьараб лъаялъул инсан.
Дун ц!алулей, г!одоблъиялда бугеб Дарада-Мурада
хъутаналъул лицеялъул муг!алимзабазги, к!удияб х!аракат бахъула жидер
ц!алдохъабазда росдал тарих лъазабиялъе. Г!ун бач!унеб г!елалда
к!очонтунгут!изе , ва росу цебет!еялъе квербакъи гьабурал росуцоял лъазе
бук!иналъе г!оло, нижер лицеялъул директор Г!алиев Юсуп Г!алиевичас к!удияб
к!вар кьуна «Къадруял росуцоял» (Знатные односельчане) абураб стенд данде
гьабизе.
Гьаб стендалда руго
Дагъистаналдаго ц!ар раг!арал тохтурзабиги, Дагъистаналъул мустах!икъал
учительзабиги, Ват!анияб рагъул г!ахьалчаг!иги, зах!маталъул ветераналги,
Дагъистаналда гурелги Россиялдаго бергьенлъи босарал спортсменалги. Ниж киналго
дарада-мурадисел гьездаса ч!ух!ула, ва нижее г!ун бач!унеб г!елалъе, гьел
рук!ина абадиялъго мисаллъун.
ХIасил гьаби.
Нилъеда т!адаб налъи ккола
нилъер инсул росуги, г!адатги, тарихги ц!уни ва лъай. Гьел ц!унулездаса мисалги
босун, т!аде бач!унеб ц!ияб г!елалъухъе гьеб щвезабиги.
Жидер умумул рижараб ракьалде
х!асратаб рокьи гьеч!ев инсанасе,дир х!исабалда, гьаб дуниялалда г!умру гьабизе
кутакалда зах!матго бук!ина. Дие дир умумузул росу ц!акъ кутакалда бокьана, гьенир
ругел г!урччинал байдаби, бац!ц!адаб гьава, ц!орораб иццул лъим…
Гьаб проекталда т!ад х!алт1и
гьабулаго, дида жегиги лъик!го дирго росдал бечедаб тарихги лъана, росу
цебет!езабизе квербакъи гьабурал, къимат т1ок!к!ал дарада-мурадиселгун
лъай-хъвайги ккана. Дун кутакалда ч!ух!арай йиго дирго росуцояздаса, щиб
ц!ехон аниги жидеца мурад т!убалел, гьобол-гьудуласул адаб ц!ик!к!арал. Дица
дирго росдае гьарула щибаб къоялъ т!адеялдаса т!аде берцинлъи , т!егьай ва
кинабго лъик!аб щинаб.
Проект хъвалаго, пайда босараб
литература.
1. Г- 37. «Хьаргаби район — 70 сон»:Т!ехь-альбом.-Мах!ачхъала
«Издательство «Лотос»,2014.
2. «К!удияб
Дагъистаналъул энциклопедия»- С.М. Нурмух!амадов.
3.
«Муг!рузул Дагъистан»- Ахмедханов К.Э., 1971.
Светило науки — 11 ответов — 0 раз оказано помощи
дир гlагараб ракь дагъистан сочинение на аварском языке На аварском языке . Дир бокьулеб ВатIан – Дагъистан . Дие Аллагьас I бикьун ва бокьун кьураб хIикматаб, дунялалъул таргIил баргъичалда тIад, берцинаб жавгьар-якъуталъул нагIли гIадаб Дагъистан! ракь. Дагъистан Гуро, гьитIинаб гьечIо, гьудулзаби, Дагъистан , . ГIадамазухъе щвей буго дир мурад. 1959. Къеч . Дида лъалеб гьечIо лъил ракь гьабали Дида лъалеб гьечlо лъил ракь гьабали, . Гlагараб , бацlцlадаб магlарул мацlалъ. Дир . Смешные слова на аварском языке, дословные. дир гlагараб ракь дагъистан сочинение на аварском языке — Сочинение на аварском языке дир муг1рузул улка г1агараб ват1ан. Сочинение на аварском языке. Сочинение на аварском Например: Дир эбел Дир эбел йиго лъик1ай, берцинай. Дие гьей ц1акъ йокьула. Дир эбел йиго х1алт1улей(напиши где). Сочинение ученицы 9 класса Дибировой Амины Д. Расул Х1амзатовасул Дир рак1 муг1рузда. Араб соналъ дица ц1алана Расулил «Дир Дагъистан» абураб т1ехь. Дида лъалеб гьечIо лъил ракь гьабали, РагIуларо цо сас сверухълъиялда. ГIицIго борхалъуда цIумал ахIдола, ГIицIго ахалъуда чундул угьдула. Щай дие къваригIун бугеб Дагъистан , Дир гьаракь бахъани дир лъималахъа? На аварском языке. Дир бокьулеб ВатIан – Дагъистан. Дие Аллагьас I бикьун ва бокьун кьураб хIикматаб, дунялалъул таргIил баргъичалда тIад, берцинаб жавгьар-якъуталъул нагIли гIадаб Дагъистан!ракь. дир гlагараб ракь дагъистан сочинение на аварском языке. готовые мини сочинения моё любимое произведение а с пушкина
Предмет: Немецкий язык,
автор: magagaziela
сочинение на тему мой друг на аварском
Ответы
Автор ответа: girdziauskasvlad73
2
Объяснение:
дир гьудул вуго гьав чи щиб лъазелеб, дир хьибил кквезе белъанхъизе дихъан, дида бикьизе счастливые моменты. гьав чи дие гIагараб души. авги гурони один. вукIине ккола
Предыдущий вопрос
Следующий вопрос
Интересные вопросы
Предмет: Химия,
автор: emilijakanarska
Магній-це-о-три записується як
3 года назад
Предмет: Информатика,
автор: goshavaredimidi
Что на сегодняшний день является современным инструментом для информационного моделирования?
Тетради
Бумажные картотеки
Компьютер
Папирусы
3 года назад
Предмет: Русский язык,
автор: marymary0728689
Можете составить простое и сложное предложение, сделать их синтаксический обзор и записать их схемыпожалуйста, срочно!
3 года назад
Предмет: Русский язык,
автор: sofa3106
Придумать смешную историю 15 20предложений
6 лет назад
Предмет: Математика,
автор: ggdf7
помогите пожалуйста
6 лет назад
Ват1ан! Гьеб ккола инсанасул бугебщиналда гьоркьоб бищунго к1удияб, хирияб ва г1агараб. К1удияб бугониги гьит1инаб бугониги, гьеб кинабго бараб буго живго инсанасда, гьесул лъаялда, Ват1ан бокьизе, ц1унизе ва бич1ч1изе бажариялда. Гьелде бугеб рокьи данде ккола эбелалде бугеб рокьиялда. Гьадинаб аби буго: «Г1агарай эбел йокьич1есе Ват1анги бокьуларилан». Эбел-эменги Ват1анги нилъер бук1ана нилъ гьарурал, нилъ г1умруялде рач1араб мехалдасанго. Ват1анги, эбел-эменго г1адин т1аса бищуларо. Гьел ккола инсанасе цо нухалда кидагоялъе, г1умрудул ахирисел къоязде щвезег1ан. Нилъер умумузе ц1акъго бокьулаан Ват1ан-Дагъистан ва абулаан «Ват1аналда нилъ гьеч1ониги ч1езе к1олин, амма нилъеда Ват1ан гьеч1ого-киданиги».
Нилъер улка буго Россия. Дагъистаналъ ккола Россиялъул бищунго бакъбаккудехун буссараб бут1а.
Нилъее рес щвана гьадинаб г1ажаибаб ракьалда рижизе. Ч1ух1е, хириял, нуж рижун руго ц1ар раг1араб ва гьайбатаб улкаялда-г1емермиллатазулаб Дагъистаналда.
Тюрказул мац1алдасан буссинабуни «Дагъистан» ккола муг1рузул улка, «даг»-мег1ер, «стан»-улка. Гьеб ц1аралъ жинцаго бицунеб буго, республикаялъул к1удияб бут1а Бакъбаккул Кавказалъул муг1руз ккун бук1ин. Гьеб ккола 70 проценталдасаги ц1ик1к1араб бут1а. Гьениб рорхалъаби рахчула нак1к1азул т1аргъаз, к1к1алабахъ хъудула лъел чвахиял, авлахъазда чилчидула г1едег1ун унел лъарал. Дагъистан ккола Европаги Азияги цолъулеб бак1алде гьоркьобе. Гьелъул г1ат1илъи ккола 50,3 азарго квадратияб километр ва Северияб Кавказалъул бищунго к1удияб республика.
Гьанжесеб Дагъистаналъул ракь, гьелъул рорхатал муг1рузги, гъваридал муг1рузда гьоркьосел чвахиязги, муг1рузул расалъабазги, кьер-кьерал пайдаял маг1даназги лъугьун бач1ана геологияб тарихалда жаниб нус-нус миллион соназ. Дагъистаналъул буго г1ажаибго бат1ияб ракьул г1уц1и. 400 метраялдасаги эхеде унел г1азуцагун ц1ороца рахчарал рорхатал муг1рул т1огьал хисула океаналъул гьумералдасаги гъоркье арал г1ат1идал авлахъаз. Республикаялъул цо бут1а буго Кавказалъул муг1рузда, цогидаб Каспиялда аск1осеб г1одоблъиялда. Гьел ккола щобал, гох1ал, муг1рул, муг1рузда цересел бак1ал.
Бац1ц1адаб гьава, унго-унгоял гьава-бакъалъулал шарт1ал, къанаг1атаб гъвет1-хер-гьел ккола аслиял т1ок1лъабилъун гьеб г1ажаибаб улкаялъул.
Дагъистан-гьеб «муг1рузул улка» гуребги, «мац1ц1азул улкаги» ккола. Г1емермиллатазулаб цо халкъалдеги сверун, гьелъул ракьалда г1умру гьабун буго чанго анц1-анц1 этносаз.
Гьелъул г1адамал к1алъала 29 бат1ияб мац1алда ва 70 диалекталдагун наречиялда.
Дагъистаналъул т1абиг1аталъул памятникаллъун ккола унго-унгоял культуриябгун г1елмияб ва эстетикияб къаг1идаялъ къимат холарел экологиялъулаб бац1ц1алъи бугел бак1ал. Дагъистаналъул территориялда буго 306 т1абиг1ияб объект, гьездасан 26 ккола республикаялъулаб к1варалъул т1абиг1ияб памятниклъун.
Берцинал бак1ал руго киса-кирго, амма щивав чиясда лъазе ккола кинал г1ажаибал т1абиг1иял бак1ал гьев гьавураб ва г1ураб ракьалда ругелали. Гьединал бак1ал ратула Дагъистаналъул щибаб районалда ва росабалъ.
Хунзахъ район буго муг1рузулаб Дагъистаналда ралъдал гьумералдаса 1900 метралъул борхалъуда. Гьеб бечедаб буго г1ажаибаб берцинал лъел чвахияздалъун. Руганилъар, Илълъалъар, Хундериллъар, Тоботлъар чвахулел бак1аздасан руго чанго г1ажаибго берцинал лъел чвахиял. Гьезда гьоркьобги бищунго берцинаб ва к1удияблъун буго жиндир борхалъи 70 метр бугеб Тоботалъул лъел чвахи. Хасго ч1ах1ияллъун ва берциналлъун рук1уна Хунздерил лъел чвахиял ц1адал ран хадуб. Т1алъиялъул рагьараб бак1алдасан чвахулелщинал лълъималги цолъун, Тобот, Илълъа ва цогидалги лъарал сверула ц1акъго ч1ах1иял чвахелазде. Циндаго цере ратарал чабхил ва ганч1ил гох1алги цадахъ рачун унел лъел чвахиязда т1ад лъугьуна лъел къат1рабазул нак1к1ал ва чвахиязул гьаракьги г1емерал километраз добег1анги раг1ула.
Ц1акъ берцинаб лъел чвахи буго Сивухъ росдада аск1обег1анги. Гьеб чвахула 50 метраялдасаги ц1ик1к1араб борхалъудасан. Г1одобе чвахулеб лъим сверула гьалдолеб полопалде. Ц1акъго к1удияб къуваталда рортун рач1унел г1исинал къат1раби сверула хъах1аб лъел х1урул нак1к1азде. Лъел чвахиял берцин рихьула бакъ щвараб мехалда, гьел къат1рабазда реч1улел бакъул ч1ораз лъугьинабула г1емеркьеразулаб нур.
Риидал гурел, хасалоги берцин рук1уна лъел чвахиял. Гьезул х1акъалъулъ гьадин хъвалеб буго машгьурав учитель-т1абиг1ат лъазабулев С. Д. Г1алиевас: «Хасало к1ич1-к1ич1арал к1к1алал къот1абазда далдалун рук1уна ч1ах1иял, гъорлъан канлъи бихьулел зобил кьераб гугьар гъорлъ бугел ц1унк1улук1ал, гъоркьан т1адейин абуни, гьезда данде рач1унел рук1уна т1огь бег1ерал, конусалда релъарал ц1орол х1убал. Лъел ч1ах1иял къат1раби, ц1унк1улук1азда т1асанги чвахун, гьел х1убазда т1ад реч1ч1ула ва къвак1арал х1убазда т1ад щварал гьездасан аза-азар кенч1ераби лъугьуна. Хасалил бакъ кенч1олеб заманалда ц1орол ц1ураб ц1олбокь к1к1алалъул кьураби кенч1езе лъугьуна нуралъулаб кунч1иялда, т1убараб гьеб к1к1алалъулго лъугьун бач1уна г1ажаибаб хаслъи».
Т1абиг1ияб берцинлъилъун ккола Хунздерил т1алъи Дагъистаналда бищунго борхатаблъун рик1к1унеб. Гьеб буго ралъдал гьумералдаса 1700-2200 метралъул борхалъиялда. Гьелъул халалъи буго 25 километр, г1еблъи 8-10 км, борхалъи 2 километр. Г1аммаб къаг1идаялъ босани, т1алъиялъ ккола 250 км2 г1ат1илъи. Г1уц1иялъул рахъалъ босани, Хунзахъ платоялъул ракьул г1уц1и релъуна т1аса г1одобе балагьараб бит1араб авлахъалда, гъваридал к1к1алабазда, гох1азда, щобазда, хъит1азда.
Севериябгин-востокалъул рахъалдасан платоялде сверун буго Т1анусдерил бал, югалъулгин-востокалъул рахъалдасан гьеб ккола Г1акаромег1ералъ, Востокалдасан Тобот лъаралъ ва Ц1олокь к1к1алалъ. К1к1ал байбихьула Хунзахъ хъалаялъул къадаздасан, лъуг1ула Шамил районалъул, Гьолокь росдада аск1об, Авар Койсуялъул раг1аллъабазда. К1к1алалъул г1аммаб халалъи бахуна 22 километралде, цо-цо бак1алда гьоркьохъеб борхалъи 1-4 километрги буго. Хунзахъ росдада аск1осан юго-востокалдехун к1к1алал гъварилъи бахуна 100-ялдаса 1000-1200 метралде щвезег1ан.
Хунздерил т1алъиялда ругел бищунго ц1ик1к1араллъун кколел Тобот, Илълъла, Хунздерил лъарал берцинал чвахияздеги сверун уна Ц1олбокь к1к1алахъе. Гьезул борхалъи бахуна 50-80 метраялде.
Ц1акъго г1ажаибаблъун ккола районалда Моч1охъ х1ор лъугьинги. Гьелда абула ихица лъугьинабураб х1орилан.
1963 соналъул 28 сентябралда Т1анусдерил балалъан, муг1рузул тайпаби ц1акъго риччун рук1иналдалъун, гьезул ц1айи ц1ик1к1ун бук1иналда бан, мег1ералъул к1удияб кесек т1ун бач1уна. Т1ун бач1араб мег1ералъул к1удияб бут1а 7 къоялъ хъущт1ун бач1унеб бук1ана секундалда жаниб 2-3 метраги тун. Микьабилеб къоялъ гьеб бортула Моч1охъ лъаралъе к1удияб гьаракьги сверухъе бахъинабун. Лъар т1аг1ана, гьелъул бак1алда лъугьана 1250 метр халалъиялъулги, 400 метра г1еблъиялъулги, 40-50 метралда гъварилъиялъулги бугеб х1ор. Х1ориниб бугеб лъел хинлъи ц1ик1к1араблъун лъугьана гьединалго муг1рузул х1оразда жаниб бугелдаса (+ 20 градус). Рик1к1унеб буго ракьулъан рач1унел хинал лъинал журан ратилин гьелде гъорлъеян. Мач1хъадерил х1оралъул ц1ар машгьурлъун буго жиндир берцинлъиялдалъун гуребги, сверун бугеб т1абиг1аталъул гьайбатлъиялъги. Гьениб нилъеда ратула Белый Амур, Толстолобик форель ччуг1а. Хасало х1орда т1ад ч1вала бицатаб ц1ер ва муг1рузул лабаллъабаздасан г1ажаибго берцинго бихьула.
Дир росу Харахьиги буго т1абиг1ат берцинаб, гъвет1-хер, г1и-боц1и гьарзаял муг1рузул лабаллъабазда гьоркьоб. Росдал Югалъулаб рахъалдасан чвахулеб буго Х1ебда-Реч абураб лъар. Гьелъул байбихьи буго Цабари мег1ералъул бакъбаккул рахъалдасан.
Лъаралда Х1ебдайилан ц1ар лъун буго гьелда аск1об бижулеб х1ебетилан абулеб хералъул ц1аралдасан. Лъарал халалъи буго 17-23 километр. Х1ебда-Реч буго ц1акъ к1ич1-к1ич1ун бач1унеб лъар ва гьеб жубала Г1андиг1орулъе, хадубккун Сулахъалъулъе.
Лъар уна Гьенк1к1елт1а, Лъаг1илухъ, Харахьи, Мущули росабазул ракьалдасан. Цогидал муг1рузул лъаразулго г1адин, Х1ебда-Речалъул буго бат1и-бат1ияб г1еблъи. Цо-цо бак1алдасан гьелъул г1еблъи буго 7 метр, цогидалъусан-10 метр, лъабабилелъусан 20 метр, ункъабилелъусан-30-35 метр, цо-цо бак1аздасан 50-70-100 метрагицин. Ихдалги, хасалихъеги Х1ебда-Реч лъар лъугьуна г1емерлъим бугеблъун ва хъудулеблъун, жиндирго нухда-батараб кинабго хъамун, чурун унеблъун. Риидал лъим дагьлъула ва т1убараб г1еблъиялда чвахун уна. Цо-цо бак1аздасан т1убанго лъим бихха-хочун уна, цогидал бак1аздасан г1иц1го гъварилъаби ц1езарула.
Дир гьит1инаб Ват1ан-Харахьи росу бечедаб буго иццаздалъунги: Гъоркьияб Къулг1а, Т1асияб Къулг1а, Зайирбегил ицц, Х1акимил ицц, Каримиласул ицц ва цогидалги.
Инсанасе лъим х1ажат бук1уна рук1а-рахъиналдаги, росдал маг1ишаталда г1и-боц1уеги. Лъим х1ажалъула дунялалда бугебщинаб ч1агоябщиналъе, производствалъул бут1абазда.
Гъоркьияб Къулг1адухъ бугеб лъималда сверухъ гьадин бицуна росдал г1адамаз:
-Анц1ила ич1абилеб г1асруялда Имам Шамилица ц1унана Дагъистан гьеб бахъизе рач1унездаса. Рагъулал ишал унелъул, Имам Шамил вач1уна Харахьи росулъе. Гьеб заманалда росу бук1ана дин-исламалъул церехъабазул данделъаби т1орит1улеб центрлъун. Гъоркьияб къулг1адухъ цогидал диниял нухмалъулелгун вач1араб мехалда, Шамил Имамлъун вищула. Росдал г1адамаз бицуна гьеб ицц Имам Шамилица г1одоб т1ил кьабг1араб бак1алда лъугьараб бугилан.
2010 соналда росдал г1адамаз гьеб ицц ц1идасан къач1ана. Гьеб иццул лъим рик1к1уна г1адамазул бохх-квач1алъе даруяблъунги.
Районалъул т1абиг1иял памятникал гьел ккола Дагъистаналъул т1абиг1ияб ирсалъул к1вар бугел чит1ираллъун. Гьединлъидал х1ажат буго гьел хайир кьоледухъ х1алт1изаризе, ц1унизе.
Щивав районцоясе х1ажат буго экологияб лъай ва культура борхизабизе, районалъул г1ажаибго берцинаб т1абиг1аталде рокьи бижизабизе ва гьеб ц1унизе.
Ругьунлъе т1абиг1аталде к1вар буссинабизе, х1исаб гьабе нилъеда сверухъ бугеб г1адатияб гуребщиналъул, рек1елъ ц1уне т1абиг1аталъул берцинлъи, бищунго аслияб-бокье ва ц1уне гьеб. Т1абиг1атин кколеб щивав чиясул г1агараб рукъ. Дуцайин гьениб г1умру гьабизе бугеб, Дуцайин гьеб ц1унизе кколеб.
Загьра Дайтова, Харахьи гьоркьохъеб школалъул биологиялъул учительница.