Сочинение дир рахьдал мац1

                                              Реферат

 «Дир
рахьдал

       
мац!»                   

                                                             
Метер маг1арул мац1 хвезе батани,

                                                               
Хваги дун жакъаго жаниб рак1 кьвагьун!

                                                                                                     
Расул Х1амзатов 

 Дунялалда т!ад руго бат!и-бат!иял мац!ал. Гьезул 
кумекалдалъун г!адамал цоцаздехун гаргадула, ургъел бикьула ва цоцазда
рич!ч!ула. Жиб-жиб халкъалъулго г1адин, маг1арулазулги буго жидерго мац!алъул
бечелъи ва берцинлъи.

              Рахьдал мац1алъ нилъее кумек гьабула
умумузул бук1араб яшав лъазе, г1агараб ракьалъул тарих ва адабият лъик1
бич1ч1изе. Руго цо-цо г1адамал лъик1 чияр мац1 лъалелги, х1атта чияр
пачалихъазулцин. Бугониги, гьезиеги жидерго рахьдал мац1алъ цо хасаб асар
гьабула. Киназего гуро рес бугеб рахьдал мац1алда гаргадизе. Къисматалъ цо-цоял
рехула дунял раг1алде, г1агарлъиялдаса рик1к1аде, ай, чияр улкаялде. Гьединаз
х1аракат бахъула рахьдал мац1 хъизаналъуб ц1унизе, рокьоб гьит1инабго г1агараб
ч1инк1иллъи г1уц1ц1ине. Гьелдалъун бихьула, инсан рахьдал мац1алъухъ урхъун вук1унеблъи.

              Дун йиго маг1арулай! Дир г1агараб мац1ги
буго маг1арул! Гьелде гьоркьобе уна дир эбелалъул рахьдал мац1: ч!амалазул.
Инсул рахъалъан дир г!агараб мац1 буго т1индадерил (багвалазул). Цо-цояз абула
ч1амалазул мац1 зах1матаб бугилан. Амма дие гьеб бигьалъула, щай гурелъул дир
чорхалъ бессун буго гьеб эбелалъул рахьгун цадахъ .        Рахьдал мац1алда
раг1ана дида т1оцебесеб сверухъ ругезул калам, эбелалъ кинидухъ ах1араб кеч1:

Хъу-у-хъу-у, ал бело ишулълъла седасеб балъа.

Хъу-у-хъу-у, ишулълъ лъумо гъугъулълъ эч1ида балъа.

 Хъу-у-хъу-у, гъугъулълъ уно ч1орулълъ ач1ада балъа.

Хъу-у-хъу-хъу, ч1орулълъ гьач1о пелълъла азалда балъа.

Гьаб коч1одалъун лъала лъималазда мег1ерг1насеб
г1аларчаялъул цо т1инч1 бук1унеблъи, г1аларчаялъул малъг1анасеб миккиялъул
к1иго т1инч1 бук1унеблъи, миккидул бет1ерг1анасеб х1анч1ил ич1го т1инч1
бук1унеблъи, х1анч1ил берг1анасеб найил азарго т1инч1 бук1унеблъи.

              Жегиги г1инзуниб багъулеб буго
т1оцебесеб рахьдал мац1алда раг1араб маргьу: «…ахху-лу-лу, рекин-партал!». Гьеб
маргьуялъулъ бицунеб буго эбелалъ хурул раг1алда к1усизаюрай гьит1инай яс 
цидуца йикъиялъул.

            Дир рахьдал мац1 буго жиндирго
хъвай-хъваг1ай гьеч1еб. Гьединлъидал асаралги ц1акъ дагьал руго. Гьеб мехалда
дие кумекалъе батула дир г1агараб, к1иабилеб рахьдал  мац1, ай авар мац1.
Маг1арул мац1 дунялалдаго машгьурлъизабуна нилъер ракълил шаг1ир Расул
Х1амзатовас.

      

              Рахьдал мац1 ккола инсанасул напс,
адабият борцунеб роценлъун. Нилъеда бихьула ахираб заманалда рахьдал мац1
мукъсанлъулеб бугеб куц. Цо раг1и рахьдал мац1алда абуни, к1иабилеб г1урус
мац1алда раг1ула. Хасго гьеб х1ужжа билълъанхъун буго г1ун бач1унеб г1елалда
гьоркьоб. Ч1ух1даего г1адин гаргадула гьел г1урус мац1алда. Дун гуро г1урус
мац1алде данде къеркьолей г1адан.  Г1урус мац1 буго нилъер пачалихъалъулаб мац1
– гьеб лъач1ого нилъ т1ураларо! Бугониги, дун пашман гьаюлей йиго сверухъ
рахьдал мац1 дагь гурони раг1улеб гьеч1олъиялъ.

              Хасаб асар гьабула рек1ее рахьдал мац1алда
ах1улел х1айранал куч1дуз! Хасго рекъола гьеб маг1арул зурма-къолол гьаркьихъе.

              Рахьдал мац1алда к1алъай буго ц1акъ
х1ажатаб жо. Г1ададаго абуларо, мац1алъ пикру дурус гьабулилан. Цо-цо нухалъ
нилъее загьир гьабизе бокьараб пикру сверухъ ругезда мекъи бич1ч1ун батула.
Гьеб буго пикру бит1ун загьир гьабизе мац1алъул бечелъи г1унгут1иялъул х1ужжа.
Нилъер к1алъаялъухъ балагьун кьола г1адамаз нилъер хасияталъе къимат. Лъазе
ккола нилъеда г1агараб мац1алда кицаби, бицанк1аби, куч1дул ва маргьаби.  Гьелъ
нилъер мац1 бечед гьабула ва пасих1лъизабула. Гьединаб каламалъ г1енеккаразе
лъик1аб асар гьабула ва рахьдал мац1алде рокьигун ч1ух1и бижизабула.

              Рахьдал мац1 ккола нилъер умумузул
къисмат, г1агараб ракьалъул тарих. Рахьдал мац1алда хъварал асарал ц1алулаго
цебе ч1езабула нек1сияб г1умру. Гьелъ бижизабула дир чорхолъ зах1малъабазе
къурч1ич1ел умумуздаса ч1ух1и. Рух1даллъула дун цебе заманалда улбузда ва
лъималазда гьоркьоб бук1араб гьуинлъиялда, г1иссиназ ч1ах1иязул гьабулеб
бук1араб адабалда. Гьединаб тарбия кьола рахьдал мац1алъ.

              Рахьдал мац1алъул къимат гьабулес къимат
гьабула жиндиргоги, жиндир халкъалъулги. Абула, мац1 бугин халкъалъул рак1илан.
Рак1го г1адин, мац1ги цо бук1уна халкъалъул. Рак1го г1адин, мац1ги ц1унизе
ккола халкъалъ! Рахьдал мац1 к1очене тарас бигьаго к1очене тела г1агараб
гъанситоги.

              Дун ч1ух1ула дида г1агараб мац1 лъалеб
бук1иналдаса. Баркала загьир гьабула г1агараб  мац1алъул гъвариялъул ралъад дие
рагьуней дир авар мац1алъул ва адабияталъул муг1алим Пат1имат Мух1амадовнаялъе.

              Гьаб сочинениялъ дун ц1идасан т1амуна
рахьдал мац1алда т1ад х1алт1изе. Дица пикру гьабуна гьеб жегиги лъик1 лъазабизе
х1аракат бахъине! 

                                                      
                                            Абдулаева З. С.

П роект

на тему:

«Дир рахьдал мац!»

Подготовила :

ученица 6 «а» класса

Магомедова Хадижат

Метер маг1арул мац1 хвезе батани,

Хваги дун жакъаго жаниб рак1 кьвагьун!

Расул Х1амзатов

Дунялалда т!ад руго бат!и-бат!иял мац!ал. Гьезул кумекалдалъун г!адамал цоцаздехун гаргадула, ургъел бикьула ва цоцазда рич!ч!ула. Жиб-жиб халкъалъулго г1адин, маг1арулазулги буго жидерго мац!алъул бечелъи ва берцинлъи.

Рахьдал мац1алъ нилъее кумек гьабула умумузул бук1араб яшав лъазе, г1агараб ракьалъул тарих ва адабият лъик1 бич1ч1изе. Руго цо-цо г1адамал лъик1 чияр мац1 лъалелги, х1атта чияр пачалихъазулцин. Бугониги, гьезиеги жидерго рахьдал мац1алъ цо хасаб асар гьабула. Киназего гуро рес бугеб рахьдал мац1алда гаргадизе. Къисматалъ цо-цоял рехула дунял раг1алде, г1агарлъиялдаса рик1к1аде, ай, чияр улкаялде. Гьединаз х1аракат бахъула рахьдал мац1 хъизаналъуб ц1унизе, рокьоб гьит1инабго г1агараб ч1инк1иллъи г1уц1ц1ине. Гьелдалъун бихьула, инсан рахьдал мац1алъухъ урхъун вук1унеблъи.

Дун йиго маг1арулай! Дир г1агараб мац1ги буго маг1арул! Гьелде гьоркьобе уна дир эбелалъул рахьдал мац1: ч!амалазул. Инсул рахъалъан дир г!агараб мац1 буго т1индадерил (багвалазул). Цо-цояз абула ч1амалазул мац1 зах1матаб бугилан. Амма дие гьеб бигьалъула, щай гурелъул дир чорхалъ бессун буго гьеб эбелалъул рахьгун цадахъ . Рахьдал мац1алда раг1ана дида т1оцебесеб сверухъ ругезул калам, эбелалъ кинидухъ ах1араб кеч1:

Хъу-у-хъу-у, ал бело ишулълъла седасеб балъа.

Хъу-у-хъу-у, ишулълъ лъумо гъугъулълъ эч1ида балъа.

Хъу-у-хъу-у, гъугъулълъ уно ч1орулълъ ач1ада балъа.

Хъу-у-хъу-хъу, ч1орулълъ гьач1о пелълъла азалда балъа.

Гьаб коч1одалъун лъала лъималазда мег1ерг1насеб г1аларчаялъул цо т1инч1 бук1унеблъи, г1аларчаялъул малъг1анасеб миккиялъул к1иго т1инч1 бук1унеблъи, миккидул бет1ерг1анасеб х1анч1ил ич1го т1инч1 бук1унеблъи, х1анч1ил берг1анасеб найил азарго т1инч1 бук1унеблъи.

Жегиги г1инзуниб багъулеб буго т1оцебесеб рахьдал мац1алда раг1араб маргьу: «…ахху-лу-лу, рекин-партал!». Гьеб маргьуялъулъ бицунеб буго эбелалъ хурул раг1алда к1усизаюрай гьит1инай яс цидуца йикъиялъул.

Дир рахьдал мац1 буго жиндирго хъвай-хъваг1ай гьеч1еб. Гьединлъидал асаралги ц1акъ дагьал руго. Гьеб мехалда дие кумекалъе батула дир г1агараб, к1иабилеб рахьдал мац1, ай авар мац1. Маг1арул мац1 дунялалдаго машгьурлъизабуна нилъер ракълил шаг1ир Расул Х1амзатовас.

Рахьдал мац1 ккола инсанасул напс, адабият борцунеб роценлъун. Нилъеда бихьула ахираб заманалда рахьдал мац1 мукъсанлъулеб бугеб куц. Цо раг1и рахьдал мац1алда абуни, к1иабилеб г1урус мац1алда раг1ула. Хасго гьеб х1ужжа билълъанхъун буго г1ун бач1унеб г1елалда гьоркьоб. Ч1ух1даего г1адин гаргадула гьел г1урус мац1алда. Дун гуро г1урус мац1алде данде къеркьолей г1адан. Г1урус мац1 буго нилъер пачалихъалъулаб мац1 – гьеб лъач1ого нилъ т1ураларо! Бугониги, дун пашман гьаюлей йиго сверухъ рахьдал мац1 дагь гурони раг1улеб гьеч1олъиялъ.

Хасаб асар гьабула рек1ее рахьдал мац1алда ах1улел х1айранал куч1дуз! Хасго рекъола гьеб маг1арул зурма-къолол гьаркьихъе.

Рахьдал мац1алда к1алъай буго ц1акъ х1ажатаб жо. Г1ададаго абуларо, мац1алъ пикру дурус гьабулилан. Цо-цо нухалъ нилъее загьир гьабизе бокьараб пикру сверухъ ругезда мекъи бич1ч1ун батула. Гьеб буго пикру бит1ун загьир гьабизе мац1алъул бечелъи г1унгут1иялъул х1ужжа. Нилъер к1алъаялъухъ балагьун кьола г1адамаз нилъер хасияталъе къимат. Лъазе ккола нилъеда г1агараб мац1алда кицаби, бицанк1аби, куч1дул ва маргьаби. Гьелъ нилъер мац1 бечед гьабула ва пасих1лъизабула. Гьединаб каламалъ г1енеккаразе лъик1аб асар гьабула ва рахьдал мац1алде рокьигун ч1ух1и бижизабула.

Рахьдал мац1 ккола нилъер умумузул къисмат, г1агараб ракьалъул тарих. Рахьдал мац1алда хъварал асарал ц1алулаго цебе ч1езабула нек1сияб г1умру. Гьелъ бижизабула дир чорхолъ зах1малъабазе къурч1ич1ел умумуздаса ч1ух1и. Рух1даллъула дун цебе заманалда улбузда ва лъималазда гьоркьоб бук1араб гьуинлъиялда, г1иссиназ ч1ах1иязул гьабулеб бук1араб адабалда. Гьединаб тарбия кьола рахьдал мац1алъ.

Рахьдал мац1алъул къимат гьабулес къимат гьабула жиндиргоги, жиндир халкъалъулги. Абула, мац1 бугин халкъалъул рак1илан. Рак1го г1адин, мац1ги цо бук1уна халкъалъул. Рак1го г1адин, мац1ги ц1унизе ккола халкъалъ! Рахьдал мац1 к1очене тарас бигьаго к1очене тела г1агараб гъанситоги.

Дун ч1ух1ула дида г1агараб мац1 лъалеб бук1иналдаса. Баркала загьир гьабула г1агараб мац1алъул гъвариялъул ралъад дие рагьуней дир авар мац1алъул ва адабияталъул муг1алим Пат1имат Мух1амадовнаялъе.

Гьаб сочинениялъ дун ц1идасан т1амуна рахьдал мац1алда т1ад х1алт1изе. Дица пикру гьабуна гьеб жегиги лъик1 лъазабизе х1аракат бахъине!

Сочинение на тему: «Маг!арул мац!» .

Х1адур гьабуна :

Маг1арул ясаца маг1арул васаз

Маг1арул гуреб мац1 бицуна гъасда.

Эбелалъул рахьгун чорхолъ босараб ,

Басра гьабич1ого ц1уне, рахьдал мац1!!!

Дунялалда т1ад бищун берцинаб маг1арул мац1 бугодир рахьдал мац1.Щибаб соналда , 21 февралалда т1олабго халкъалъ к1одо гьабула байрам – «Рахьдал мац1алъул къо». Рач1а, ц1алдохъаби, нилъерго рахьдал мац1 ц1унизе! Мац1 гьеч1они, гьеч1о миллат ! Г1адада гурелъул Расул Х1амзатовас хъвараб: «Метер маг1арул мац1 хвезе батани,хваги дун жакъаго жаниб рак1 кьвагьун».

Нилъ руго маг1арулал. Цойгидал халкъаз нилъеда абула аварал абун. Дие ц1акъ бокьула нилъерго халкъалъул г1агараб мац1…Унгоунго маг1арул мац1ги , ц1арги , ц1ваги ц1унарал г1емер руго. Гьезда гьоркьоса ккола нилъерго хъвадарухъаби, шаг1ирзабиРасул Х1амзатов, Фазу Г1алиева, Ц1адаса Х1амзат ва гь.ц.

Маг1арулазда лъазе ккола жалго

маг1арулаллъун рук1ине кколеллъи кидаго, кире аниги. Маг1аруллъиялъул маг1на лъазе ккола нилъеда. Унгоунгояв маг1аруласул бук1ине ккола миллаталде, мац1алде рокьи ва ч1ух1и. Гьаб заманаялда дагьдагьккун г1арцухъ бичулеб бугин ккола мац1 , ях1-намус, г1адатг1амалУчузго бичулеб буго. Г1акълуги х1алт1изабич1ого г1арац аск1обег1ан ц1алеб буго. Г1арцуе г1оло эбелинсул ц1арцин к1очене х1адурун руго. Нилъерго мац1 ц1унич1ого, г1емерисез абулебги буго – «абг1аги щибизе къвариг1араб жо, г1урусалъ бицани бич1ч1уларогойищ бугеб» —илан. Нилъерго миллаталдаса, мац1алдаса ч1ух1изе ккела. Эбелалъе лъимерги лъимадуе эбелги хириял ругин абураб г1адаб жо ккола г1адамазе жидерго мац1 хирияб бугин абулеб жо. Нилъеца т1абиг1ат ц1унулеб г1адин, ц1унизе ккола мац1 .

Дие кинидахъ кеч1 ах1ана муг1руз ,

Маг1арул мац1алда, маг1арул росулъ .

Босана дица гьеб дидаго цадахъ ,

Дунялалъул нухал рахунеб мехалъ.

Маг1арул мац1алда рахьдал мац1илан ц1ар лъун бугелъулбегьилищха нилъ гьеб лъаларилан ч1езе? Ч1ух1ун к1алъазе ккела г1агараб , кинидахъ эбелалъ малъараб, лъим г1адин г1едераб мац1алъ.

Гьедин гурищ нилъер Расулица гьеб,

Т1олго дунялалда раг1изабураб

Ц1уне Дагъистанин , бокьа гьебилан,

Бац1ц1адаб маг1арул мац1алъ ах1араб.

Мац1 ккола рух1анияб бечелъи. Бищун х1ажатаб жо буго гьадинаб заманалда рух1ияб бечелъи ц1уни. Дагъистаналда кидаго бук1араб нилъерго мац1алде, адабияталде ва культураялде, хасго Ват1аналде рокьи. Гьеб киналъго инсанасе я г1арац, я боц1и кьоларо , амма г1аданлъун хут1изавула, има , ях1 бечелъизабула .

Маг1арул мац1 бац1ц1адго бицунел чаг1и къо бахъанаг1ан дагьлъулел руго. Г1урусги маг1арулги жубараб, цо г1ажаибаб мац1 буго г1емерисез бицунеб.

Нилъее авар мац1 х1ажат буго маг1арул миллат ц1унизе.

Мац1 к1очене тани, Шамил к1очена,

Ах1улгох1 билила, Мах1муд лъаларо,

Г1алих1ажи,Ч1анк1а , кици-биценал,

Халкъиял асарал рилун лъуг1ила.

Миллатги лъаларел, мац1ги лъаларел

Лъималазул хьвади щибдай бук1ина ? Бокьухъин хьвадиги тохаб г1амалги

Чияр гьаз босани, суруларищ нилъ ?

Маг1арулал!!! Бичун босулелда хадур рекерахъдилаго, х1анчи ц1акъго т1аг1ине тела нилъеца бичун босун бажарулареб. Гьебги буго нилъерго умумул ч1ух1улел бук1араб авар мац!!

Нилъерго миллаталдаса ва мац1алдаса ч1ух1изе г1илла буго, киназдасаго г1емер!

Рокьулез цоцазе урхъун бицунеб

Берталъ г1олохъабаз рохун ах1улеб,

Х1айранал шаг1ираз берцин сок1к1унеб,

Сунареб нур буго дир маг1арул мац1.

Г1агараб рахьдал мац1 ,дир маг1арул мац1,

Дир рек1елъ бессераб, бидулъ бетараб,

Дицаги кьела мун дида лъалезе,

«Дир гьудулзаби, – ма , босейилан».

Гьаб мац1 кьуна дие маг1арулаца,

Маг1арул намусгун, бечедаб ирслъун.

Бац1ц1адго ц1уне гьеб,бечед гьабе гьеб,

Гьеб мац1алъ ц1алейин х1асратал куч1дул.

Мац1 к1очараб миллат молода лъола ,

Молодул г1оркь кквезе чи хут1уларо,

Хут1араб кинабго гьадингояб жо,

Гьардарав Бет1ергьан , ц1уне рахьдал мац1!

Т1оцебе рахьдал мац1 нижей бицарал,

Нижер улбул ц1уне , хирияв «Аллагь».

Нилъей г1оло г1умру майилан кьолей,

Лъимал, к1очон тоге нужеда Эбел!!!

Расул Х1амзатовасул «Авар мац1» абураб асаралда т1асан сочинение.

Х1адур гьабуна 9 классалъул ц1алдохъан Дибирова Амина Д.

Щай дие къвариг1ун бугеб Дагъистан,

Дир гьаракь бахъани дир лъималахъа?!

Щай дий маг1аруллъи, маг1арул чаг1аз

Чияр мац1 бицунеб жидерго гъаст1а?!

Дагъистаналъул халкъияв поэт Расул Х1амзатов гьавуна 1923 соналъ Хунзахъ районалъул Ц1ада росулъ маг1арулазе хирияв поэт Ц1адаса Х1амзатил хъизаналъе. Поэтасул вас вук1иналъ Расулие рес кьуна жеги гьит1инго вук1аго, раг1ул къимат лъазе, гьелъул пасих1лъи бич1ч1изе.Г1умруялъул аслияб иш г1адин, гьит1инго т1аса бищана Расулица коч1ол нух, х1аракатги бахъана гьелъие киданиги хилиплъич1ого, рит1ухълъи ц1унизе.

Расул Х1амзатовас хъвана г1емерал асарал:куч1дул,поэмаби,къисаби.Гьел киналго рахъун руго анлъго томалдасан данде гьарурал асаразул т1ахьазда.Гьес бат1и-бат1иял темабазда т1асан хъвана куч1дул,поэмаби.Аслиял темаби руго гьес росун К1удияб Ват1анияб рагъ ва рахьдал мац1 ц1уни.

Г1агараб авар мац1! Дир кинабго бечелъи , кинабго хазина, дир дарман, дир гьаракь.Гьаб дунялалъул рокъоб дие гьеб мац1 кутакалда г1агарлъана. Авар мац1алдехун дир рокьи т1оцебе ц1ик1к1инабуна дир херас-Дибиров Мух1амадица,хадуб дир мунагьал чураяв инсуца, дир эбелалъ ва дир инсул яцаз.Гьел киналго ккола г1урус ва авар мац1алъул муг1алимзаби.

Гьит1инаб заманалда дун г1емер херазда аск1ой йик1унаан.Жакъа къоялъги дида жеги рак1алда руго херас(ададица) бац1ц1адаб маг1арул мац1алъ дие ц1алулел р1ук1арал куч1дул, маргьаби. Нижеца цоцазе бицанк1аби кьолаан.Херас дие «Лачен» журналалдасан ц1алулаан куч1дул, кепал харбал. Огь, дир лъимерлъиялъул заман!

Авар мац1 буго бищунго бечедабги хириябги.Гьеб мац1алъ загьир гьабула дица дир пикру,рек1ел асар, рокьи, ццин.Мац1 бук1ине ккола азарил соназ бук1араб, умумуз нилъее кьураб.

Расул Х1амзатовасул дие г1емерал асарал рокьула: «Россиялъул солдатал», «Къункъраби», «Эбелалъ дир кинидахъ…», «Вера Васильевна», «Маг1арулал», «Дун гьавураб къо».

Араб соналъ дица ц1алана Расулил «Дир Дагъистан» абураб т1ехь. Гьеб буго инсанасул ва дунялалъул х1акъалъулъ пикрабазул т1ехь. Жеги ц1алана «Маг1арулай» абураб поэма ва «Авар мац1» абураб кеч1.

«Авар мац1» абураб кеч1 дие кутакалда бокьана. Расул Х1амзатовасул «Авар мац1» абураб коч1ол аслияб тема ккола рахьдал мац1 ц1уни, гьеб бокьи. Гьениб бицунеб буго рахьдал мац1 гьеч1они, гьеч1о миллат, гьелъул маданият, рух1ияб бечелъи. Нилъее умумуз ирсалъе тараб гьеб нилъеца наслабазе ц1унич1они, ц1унуларо халкъ.

Авторас асаралда жаниб бицунеб буго ,макьилъ живго цо лъарал раг1аралда г1одов ккун вук1ин.Гьебмехалъ гьесда борхалъудасан раг1ула руччабазул к1алъай. Гьел к1алъалел рук1ун руго бац1ц1адаб маг1арул мац1алъ. Гьез бицунеб бук1ана ах, хур-хералъул, бук1инесеб маг1ишаталъул,кьерхен-роц1еналъул,боц1и-панзалъул, пуланав Х1асанил сих1ирлъиялъул.

Лъукъун, бида вец1ц1ун, лъарал раг1алда вугев Расулил, маг1арул мац1алда к1алъалел г1адамазул гьаракь раг1игун, бадиса маг1у бач1уна. Вахъана гьев т1аде.

Гьес абуна:

-Аваразул калам,гьелъул камиллъи!

Кинабго черхалда лъик1лъана ругънал.

Гьал раг1абаздасан дида бич1ч1улеб буго Расулие авар мац1 кутакалда хирияб,г1агараб бук1ин.Гьес коч1олъ хъвалеб буго рокъорги къват1ирги маг1арулаз бицине кколин жидерго рахьдал мац1. Мактабаздаги авар мац1 малъизе кколин абулеб буго.Цоги Расул Х1амзатовас хъвалеб буго, нилъ рокъоса унеб мехалъги нух бит1агийилан маг1арул мац1алъ гурищила нилъеда улбуз абулеб . Гьеб бугила рекъараб нилъер халкъалда черхалда борчараб рачел киниги.

«Авар мац1» абураб коч1олъ Расул Х1амзатовас хъвалеб буго жиндие бат1аго бокьулила г1ураб ракь, маг1арул т1алъи. Лъаларила кивехун жив хвелевали, амма жиндие хоб бокьилила живго г1ураб г1агараб росулъ бук1ине. Жиндир хабада цересен унел цо-цо нухлулаз, х1асратаб,маг1арул мац1алъ гьанив нилъер Х1амзатил Расул вугилан абизе бокьилила жиндие. Гьесул раг1абаздасан бич1ч1улеб буго жиндирго Ват1ан, рахьдал мац1 Расул Х1амзатовасе ц1акъго хирияб бук1ин.

Гьаб заманалда г1емер бицулеб буго телевизоралдасан, газетазда, журналазда хъвалеб буго нилъеца хирияб,г1агараб рахьдал мац1 ц1униялъул х1акъалъулъ. Гьеб ц1акъ бит1араб буго. Нилъеца т1абиг1ат ц1унулеб г1адин , ц1унизе ккола бечедаб авар мац1. Нилъеца- маг1арулаз ц1унич1они гьеб, лъица ц1унилеб?

Дида ккола,щивав чиясул жиндирго мац1ги жиндирго ц1ваги бук1ине кколин. Дир мац1- гьеб ккола маг1арул мац1. Гьеб дие бокьула дирго рух1г1ан. Жидерго мац1 хирияб бугин абураб жо ккола эбел-инсуе лъималги лъималазе эбел-эменги хириял ругин абураб жо.

Дие бокьилаан, рахьдал мац1алдехун ц1ик1к1ун рокьи бач1ине авар мац1алъул дарсал школалда ц1ик1к1ун кьезе. Г1урус мац1алъул анлъго- анкьго саг1ат кьолеб мехалъ, щай авар мац1алъул кьолареб?!

Нижер школалда авар мац1 бокьуларев ц1алдохъан нагагьги гьеч1о. Пат1имат Мух1амадовналъ бат1ияб рокьи бижизабуна нижер гьелдехун. Авар мац1алъул ва адабияталъул дарсазде гъираялде уна ниж. Школалда щибаб хамиз къоялъ т1обит1ула авар мац1алъул кружок. К1одо гьабула нижеца «Рахьдал мац1алъул къо». Т1орит1ула бат1и-бат1иял х1аял, авар мац1алде хурхун куч1дул гьарула, сочинениял хъвала, сценкаби лъола, х1аял т1орит1ула.

Аваразул калам гьелъул камиллъи!

Лъаларо, Мух1амад, цогиязул иш,

Амма дица дирго рахъалъ абила:

Метер маг1арул мац1 хвезе батани,

Хваги дун жакъаго, жаниб рак1 кьвагьун.

РАХЬДАЛ МАЦ!АЛЪУЛ КЪО
К!ОДО ГЬАБУН           Т!ОБИТ!АРАБ  ТАДБИР-
линейка .

ДИР МАЦ! , ДИР РУХ! ,       ДИР БЕЧЕЛЪИ.

Х!адур гьабуна:  Къеди  гьоркьохъеб
школалъул   муг!алим Нурмух!амадова П.З
.   

Программа                                                                                1.Цебераг1и
.                                                                  2.Рахьдал
мац1алда т1аса  гара — ч1вари гьаби. (Раг1и кьела Нурмух1амадова П. ) .                                                                      
3 . Дагъистаналъул гимн ах1и (9 кл ц1алдохъабаз) .                                        
                               4. Куч1дул рик1к1ине мац1алъул х1акъалъулъ .

5. Инсценировка росдал г1адаталда
рекъон                            «Бах!арай лъеда ячин».                                                  

6 . Росдал гимн ах1и (8 кл ясалаца ).

7. Бат1и -бат1иял х1аял т1орит1и авар мац1алъул ва
адабияталъул дарсазда малъараб материалалда т1асан.( лотореялъулаб х1ай ,
викторина , шарадаби гьаризе т1ами ).

8. Конкурс «Бищун лъик1аб сочинение»
«Рахьдал мац!»абураб темаялда т1асан.

9. Маг1арулазул гимн ах1и .

10. Х1асил гьаби.

Мурад:


цIалдохъабазда рахьдал мацI лъаялъул пайда материалияб рахъалъухъ балагьун
гуребги,тIоцебесеб иргаялда рухIияб рахъалъухъ балагьун борцине лъай;

-магIарул
мацIлъаялъул бугеб кIварги  пайдаги лъималазда бичIчIи;


рахьдал мацIалдеги адабияталдеги цIалдохъабазул рокьи бижизаби;


батIи-батIиял дирго хIалбихьияздалъун, ресаздалъун мацI лъазабиялде
цIалдохъабазул гъира бижизаби;


рахьдал мацIалъулги адабияталъулги кумекалдалъун лъималазе камилаб тарбия кьей.

Тадбиралъе
х1ажатал алатал:

проектор
, слайдал ,лотореялъе сайгъатал , сочинениялъе бак1 щварал лъималазе кьезе грамотаби,
инсценировкаялъе х1ажатаб къай , гимназе мелодияби .

Тадбиралъул ин

1.Цебераг1и

Ведущий 1:
 Рорч1ами, лъимал муг1алимзаби , хириял гьалбал !Жакъа нилъ рак1арун руго
нилъерго рахьдал мац1алъул къо к1одо гьабун т1обит1улеб тадбиралда.Изну  кье
дий жакъасеб гьаб тадбир рагьараблъун рик1к1ине!

2.Мац1алда т1асса гара -ч1вари .

(Раг1и
кьола авар  мац1алъул муг1алим Нурмух!амадова П.З.)

МацI
ккола щиб халкъ босаниги,  гьелъул миллаталъул бечелъиялда гьоркьоб бищун аслияб
хазина. МацI тIагIиналдалъун халкъалъул миллатги тIагIуна,кинабниги гьелъул
бечелъиги цадахъго била-биххун лъугIула кин цIунизеян лъугьаниги. Гьединлъидал,
щибаб халкъ –миллаталъул мацI цIуни ккола цIакъ кIудияб кIвар бугеб
масъалалъун.

Дунялалъул
цивилизация цебе тIунагIан,цIиял технологиязул кIвар халкъалъул гIумруялда
жаниб цIикIанагIан,  цIикIунеб бугокIвар халкъазда гьоркьосел мацIазулги.

ТIолго
Россиялда жанир ругел халкъ- миллатазул гIадамал цоцада ричIчIизе кумек
гьабулеб гIурус мацIалъулги, дунялалъулго гIалам цоцада бичIчIизе
хIалтIизабулеб англиялъул мацIалъулги кIвар къо бахъанагIан цIикIунеб буго. Ва
гьеб цIикIанагIан, гьелдаго цадахъ гIисин- миллатазул мацIазул      кIвар къо
бахъанагIан дагьлъулеб буго. Гьелдалъун, цодагьаб цебегIанги гIурус мацIалда
хадусеб, кIиабилеб бакIалда букIараб рахьдал мацI, нилъеда бихьулеб буго,
къватIиса хIукуматалъул — англиялъул мацIалдасаги хадусеб иргаялде ккун буго.

Гьединлъидал,
аслияб рахьдал мацI цIуниялъул масъала тIаде ккун буго нилъеда мугIалимзабазда .
Гьезда кодоб буго жакъасеб къоялъ гьелъул къисмат.

Дунялалъул
магIишаталда хадур лъугьун сверухъ бугеб щиналъулъ материалияб гуреб рахъ
бихьулеб гьечIо гIемерисел улбузда.   ГIемерисел лъималазги улбузги цо
кIалдисан гIадин абулеб буго рахьдал мацI лъан жидее хIажат гьечIилан, гьеб
лъаялдасан жидее щолеб пайда гьечIилан. Пайдаялъул бицунаго нилъеда бичIчIулеб
буго гьез бицунеб букIин рахьдал мацI лъаялъул бугеб материалияб пайдаялъул.

Материалияб
пайда дагьаб батаниги, гьелъул кутакалда кIвар бугеб цоги рахъ буго – рухIияб.

Жакъасеб
къоялда рекъон гIумру гIуцIизе хIаракат бахъулел рукIун, киназго гуро гьеб
рухIияб рахъалъул хIисаб гьабулеб бугеб. Гьединлъидал нилъер халкъалъул
миллаталъул рухIияб рахъ рахьдал мац1алъул  мугIалимзабазул кодоб буго .

Ведущая
2:

Ассаламу г1алайкум , Т!аде рач1арал гьалбал ,   Ассаламу г!алайкум

Хириял
ц1алдохъаби .Ассаламу г!алайкум, Аваразул милат — мац! , Адаб кьоч1ое лъураб,
Ахир рокьуе гьеч1еб .Армяназул пашманлъи ,Арарат мег1ер буго , Аваразул
пашманлъи , Авар мац1 лъач1ел лъимал .

Ведущая 1:
Дагъистаналъул гимн ах1изе цере рахъула 9 кл . ц1алдохъаби .Гьарула къабул
гьаре .

3 . Дагъистаналъул гимн ах1и .

Ведущая
2:  «
Дунги муг1рулги маг1арул мац1алъ гаргадула , маг1арул
мац1- муг1рузул мац1 буго,.Дагъистан лъазе ккани маг1арул мац1 лъазе ккола
,Дагъистан бич1ч1изе ккани , маг1арулал рич1ч1изе ккола «- гьадин хъвана
М.Ах1мадовас .

4.Куч1дул рик1к1ин.

Ведущая1.
Мух1амад
Ах1мадовасул «Маг1арул мац1 » абураб кеч1  рек1ехъе ц1ализе раг1и
кьола  ( (10 кл. ц1алдохъан Газимагомедова Х 1 бут1а. 8 кл. Усманова А 2бут1а,
Мух1амадова П3 бут1а.)

Ведущая
2:

Расул
Х1амзатовасул «Авар мац1 » абураб кеч1 рик1к1изе цее яхъула (11 кл .
Ц!. Усманова Н . Османова П.Исаева Х.)

Ведущая 1:
«Тоге маг1арулал миллат билизе » кеч1 рик1к1ина (9кл .Магомедова А. )

Ведущая
2:

Къабул гьаре нилъер рук1инесел авар театралъул актерал ,гьит1инабго
инсценировкагун цере рахъунел.

5.Инсценировка
 росдал г1адаталда рекъон «Бах1арай лъеда ячин «.(Г1ахьаллъи гьабизе
буго 7-8 кл ц1алдохъабаз ).

Ведущая
1: Росдал гимн ах1изе цере   рахъула ( 8 кл Ц1алдохъаби ).

6.Росдал гимн

Ведущая
1:
Гьанже
нилъеца байбихьила
лотореялъулаб  х1ай , хал
гьабила киг1ан нужее авар мац1алъул ва адабияталъул дарс лъалеб бугебали .

7.Х1аял т1орит1и

(лотореялъул
х1ай ,гьелъул шарт1азда рекъон т1обит1ила,викторина гьабила адабияталъул
асаразда т1ассан ,шарадаби рагьизе т1амила ).

8.Конкурс «Бищун лъик1аб сочинение » «Рахьдал мац!«.

(
Гьалъул х1асил гьабун бергьаразе сайгъатал бергьенлъиялъул грамотаби кьела ).

9.Маг1арулазул гимн ах1и .

(Г1ахьаллъи
гьабурал щинал ц1алдохъабаз цере рахъун ах1ила гимн ).

10. Х1асил гьаби.                                                                                  
(
К1алъазе
бокьаразе раг1и кьун , къо — мех лъик1 гьабила ).

Слайд 13 класс
Тема: Малъе, эбел, рахьдал мацI!

3 классТема: Малъе, эбел, рахьдал мацI!


Слайд 2
Дарсил мурадал:

1. МацIалдехун рокьи бижизаби;

3. МацI цIуни, гьеб нилъерго гъасда бици

ва лъималазда малъи щивав чиясул тIадаб налъи букIин бичIчIизабизе.

Дарсил мурадал: 1.	МацIалдехун рокьи бижизаби;3.	МацI цIуни, гьеб нилъерго гъасда бици ва лъималазда малъи щивав чиясул тIадаб


Слайд 3Г1агараб мац1

Кинида эбелалъ дида малъараб
Лъим гIадин гIедераб, дица бицунеб

Берцинлъигун цадахъ цодагьаб

хъачIаб,

ЧIухIун кIалъала дун магIарул мацIалъ.

Ургъелги, пикруги, рекIел анищги

Щурщудула дида магIарул мацIалъ

Рохелги хиялги, цадахъ пашманлъи

Баянлъула дие магIарул мацIалъ.

Шамилица бодуй буюрухъ кьураб,

МахIмудица рокьул асарал хъвараб,

ХIамзатил насихIат, Расулил угьи

ЦIалила авар мацI гIадамаздаян.

Рокьулез цоцазе урхъун бицунеб

Берталъ гIолохъабаз рохун ахIулеб,

ХIайранал шагIираз берцин сокIкIунеб,

Сунареб нур буго дир магIарул мацI.

Г1агараб мац1Кинида эбелалъ дида малъарабЛъим гIадин гIедераб, дица бицунебБерцинлъигун цадахъ цодагьаб хъачIаб,ЧIухIун кIалъала дун магIарул мацIалъ.Ургъелги, пикруги,


Слайд 4Авар мацI
Ассаламу гIалайкум,
Аваразул миллат-мацI,
Адаб кьочIое

лъураб,
Ахир рокьуе гьечIеб.
Армяназул пашманлъи,
Арарат мегIер буго,
Аваразул пашманлъи-
Авар мацI лъачIел лъимал.

Авар мацI  Ассаламу гIалайкум,  Аваразул миллат-мацI,  Адаб кьочIое лъураб,  Ахир рокьуе гьечIеб.


Слайд 18Разминка
Ц1иял раг1аби лъугьинаре
квербацIцI

Разминка   Ц1иял раг1аби лъугьинареквербацIцI


Слайд 22ХIухьбахъиялъул лахIзат
Цо абидал эхеде
Рорхе кверал киназго
Ай лазат!
Вай лазат!
Гьай лазат!
Свак чучизе, черх

битIизе,
Чундул гIадин сах рукIине!
Ай лазат!
Вай лазат!
Гьай лазат!
Свак чучила, черх битIила,
Чундул гIадин сах рукIина.
Ай лазат!
Вай лазат!
Гьай лазат!

ХIухьбахъиялъул лахIзатЦо абидал эхедеРорхе кверал киназгоАй лазат!Вай лазат!Гьай лазат!Свак чучизе, черх битIизе,Чундул гIадин сах рукIине!Ай лазат!Вай лазат!Гьай


Слайд 23Шарадаби
Цебехун ≪Къ≫ бугони,
Бекерула кагътида;
Босун гьениб ≪ГI≫ лъунани,
Лъугьуна дир махлукъат.

Къалам – гIалам

ШарадабиЦебехун ≪Къ≫ бугони,Бекерула кагътида;Босун гьениб ≪ГI≫ лъунани,Лъугьуна дир махлукъат.        Къалам


Слайд 24≪ЦI≫ цебе лъун, цIаланани,
ЦIакъ звангъолеб алатги дун;
≪ЦI≫-ги хисун, ≪Хъ≫ босани,
Балагь буго

дун боцIуе.

ЦIумур – хъумур

≪ЦI≫ цебе лъун, цIаланани,ЦIакъ звангъолеб алатги дун;≪ЦI≫-ги хисун, ≪Хъ≫ босани,Балагь буго дун боцIуе.


Слайд 25 Абундачал

Бицанк1аби

Гъамас босе, Сакинат
Саргас босе, Салих1ат
* * *
Бет1ер буго, т1агъур гьеч1о
Т1агъур буго, бет1ер гьеч1о

«Культуриял» г1адамаз,
Мег1ерги бигьа гьабун,
Босун кисиниб лъолеб
Лъалищ хамил цо кесек.
квербац1ц1
***
Бищун лъимал хирияй
Херай гIадан щий колей?
кI о д о э б е л

Абундачал             Бицанк1аби


Слайд 26Класс, школа, кечI, цIалдохъан, мугIалим, авар мацI. Гьал рагIабиги гьоркьоре ккезарун

цо 3-4 предложение гIуцIе.

Рокъобе хIалтIи

Класс, школа, кечI, цIалдохъан, мугIалим, авар мацI. Гьал рагIабиги гьоркьоре ккезарун цо 3-4 предложение гIуцIе.Рокъобе хIалтIи


Слайд 27Малъе лъималазда гьезул рахьдал мацI,
Бице гьеб мацIалда гьезие маргьа
АхIе гьезий кучIдул,

мугIрузул бицун
ГIагараб Дагъистан гьезий бокьизе.
Гьедин гьабичIони, гьечIо Дагъистан,
ГьечIо гьелъул къуват, гьелъул къиматлъи
Гьедин гурищ къоло щуябго соналъ
Щулаго цIунараб Шамилица гьеб.
Гьедин гурищ нилъер Расулица гьеб
ТIолго дунялалда рагIизабураб
ЦIуне Дагъистанин, бокьа гьебилан,
БацIцIадаб магIарул мацIалъ ахIараб.

Малъе лъималазда гьезул рахьдал мацI,Бице гьеб мацIалда гьезие маргьаАхIе гьезий кучIдул, мугIрузул бицунГIагараб Дагъистан гьезий бокьизе.Гьедин гьабичIони,


МКОУ «Новочиркейская СОШ

Тема

«:Малъе, эбел, рахьдал мац1!»

Авар мацIалъул ва литератураялъул мугIалим

Тема :Малъе, эбел, рахьдал мац1!

Дарсил мурадал:

битIараб литературияб мацIалда кIалъазе лъимал ругьун гьари;

авар мацIалъе хасиятал хасал гьаркьал битIун рахъизе, рагIабазулъ гьел абизе бажари; рагIабазул батIи-батIиял грамматикиял формабаздаса пайда босизе лъай, гIадатал предложениязда жанир гьел рекъезаризе бажари; рахьдал мац1алде, эбел-инсуде, Ват1аналде рокьи, адаб-х1урмат бижизаби.

Дарсила латал: компьютер,слайдал, карточкаби.

Дарсил ин:

  1. Дарсиде х1адурлъи.

  2. Маг1арул г1агараб бакъаналда гъоркь ц1алила кеч1 «Г1агараб мац1»

Слайд 1 (бакъан)

Г1агараб мац1

Кинида эбелалъ дида малъараб

Лъим г1адин г1едераб, дица бицунеб

Берцинлъигун цадахъ цодагьаб хъач1аб,

Ч1ух1ун к1алъала дун маг1арул мац1алъ.

Ургъелги, пикруги, рек1ел анищги

Щурщудула дида маг1арул мац1алъ

Рохелги хиялги, цадахъ пашманлъи

Баянлъуладие маг1арул мац1алъ.

Шамилица бодуй буюрухъ кьураб,

Мах1мудица рокьул асарал хъвараб,

Х1амзатил насих1ат, Расулилугьи

Ц1алила авар мац1 г1адамаздаян.

Рокьулез цоцазе урхъун бицунеб

Берталъ г1олохъабаз рохун ах1улеб,

Х1айранал шаг1ираз берцин сок1к1унеб,

Сунаребнурбугодир маг1арул мац1.

3.Кеч1 “Асаламу г1алайкум»

Асаламу г1алайкум,

Аваразул миллат-мац1,

Адаб кьоч1ое лъураб,

Ахиррокьуе гьеч1еб.

Асаламу г1алайкум,

Аваданаб авар халкъ;

Африкаялъул х1анч1аз

Август т1амулел т1охал.

Армяназул пашманлъи

Арарат мег1ер буго.

Аваразул пашманлъи-

Авар мац1 лъач1ел лъимал.

4.Сценка «Малъе, эбел, рахьдал мац1!»

Вас г1одулев вуго:

— Диеги бокьун буго нужеда г1адин маг1арул мац1 лъазе.

Дида лъалел гьеч1о киналго х1арпал, дида гьел къосунел руго, г1—ялъул бак1алда гъ хъвала, х1—ялъул бак1алда хъ хъвала. Рокъоб эбелалъги малъулеб гьеч1о, дуегьеб мац1 къвариг1ун гьеч1ин абула. Гьабе дие кумек!

—Вай, мун щай г1одулев? Нижеца дуе кумек гьабила, учительницаялъ дуда хъвазеги ц1ализеги малъила. Гьанив г1одовги ч1ун нижехъ г1енекке!

Жиб-жиб х1арпалъул бат1и-бат1ияб хасиятбуго:

Гъ х1арп гъварараб буго

Гъулгъудула, багъула,

Гъенола, гъаримлъула,

Гъарула, гъапуллъула

Гъурула, гъиргъидула,

Гъалула, гъугъадула,

Гъаргъар щола, гъанц1ула,

Гъуни,гъалбац1,магъало,

Гъаран, рагъи, гъалмагъир

Гьал раг1абазулъ гъ х1арп

Гъварунабизе кола.

Хъ х1арп хъач1аб жо буго,

Хъирхъидула,хъет1ола,

Хъваг1адула, хъарсола,

Бехъерхъула, хъурула,

Хъибихъула, бухъула,

Хъухъадула, хъудула.

Хъаз,хъарахъ,хъабахъ, хъазан

Хъал, хъалахъ, хъизан, хъутан,

Хъач1го, хъирхъидилаго

Хънужецаабила.

Хь х1арп ц1акъ хьирхьидула,

Хьимхьидула, хьурула,

Хьулхьудула, хьандола,

Бахьинлъула, бухьуна,

Бихьинлъула, хьухьала,

г1ахьаллъула, гьахьула,

хьадарлъула, бахьула,

хьагхьитал, борохь, рихьал,

хьами, хьон, махьа, хьонал,

борхьал г1адин хьирхьиде

хь х1арп абулаго нуж.

Къ х1арп –Саратицабицина. Слайд 2

Гьединал берцинал, лъик1ал х1арпал дица гьанже лъазарич1ого теларо. Дица эбелалъеги бицина гьезул.

5. Нужер ругищ ,лъимал, эбелгун цадахъ ургъарал куч1дул, харбал, маргьаби?

Лъималазул жавабал.

6.Кеч1 «Малъе, эбел, рахьдал мац1».

Дир умумуз бицараб

Улбуцаги бицунеб

Урхъула духъ авар мац1,

Малъе, эбел, рахьдал мац1.

Гъазимух1амад, Х1амзат,

Х1икматав Имам Шамил

Аваралъ к1алъалаан

Малъе, эбел, рахьдал мац1.

Мах1муд, Ц1адаса Х1амзат-

Ц1ар арал назмучаг1и,

Нилъер мац1алъ ц1ализе

Малъе, эбел, рахьдал мац1.

Дида тарихги лъазе,

Дагъистанги бокьизе,

Кьолбол васлъун вук1ине,

Малъе, эбел, рахьдал мац1!

7. Учителасул ц1али (бакъан) Слайд 3

Малъе лъималазда гьезул рахьдал мац1,

Бице гьеб мац1алда гьезие маргьа

Ах1е гьезий куч1дул, муг1рузул бицун

Г1агараб Дагъистан гьезий бокьизе.

Гьедин гьабич1они, гьеч1о Дагъистан,

Гьеч1о гьелъул къуват, гьелъул къиматлъи

Гьедин гурищ къоло щуябго соналъ

Щулаго ц1унараб Шамилица гьеб.

Гьедин гурищ нилъер Расулица гьеб

Т1олго дунялалда раг1изабураб

Ц1уне Дагъистанин, бокьа гьебилан,

Бац1ц1адаб маг1арул мац1алъ ах1араб.

8. Физминутка-лъималазул кьурди. Слайд 4

9. Х1ай –КВН:

Слайд 5

1.Гъалат1 биччач1ого кеч1алъул мухъал ц1але:

1 къокъа

Дир мац1 бук1инароан

Дир ц1ар бук1инароан

Рик1к1ада сапаразда

Дида нух къосинаан

Дида рокьи гьадиг1ан

Ракьалда лъалароан

Эбелалъ дир кинидахъ

Куч1дул ах1ич1елани.

2 къокъа

Х1анч1аз рачунел бакънал

Чвахулеб ц1адал гьаркьал

Ц1адукь чедалъул т1аг1ам

Т1анхазул кьерал, мах1ал

Гьадин лъазе рук1инч1о

Гьадин рич1ч1илароан

Эбелалъ дир кинидахъ

Куч1дул ах1ич1елани.

10. Капитаназул конкурс.

1. Авар мац1алъул алфавиталда чан х1арп бугеб?

2. Щал колел геминатал?

3. Киналгьаркьаздалабиалиялабулел?

4. Кинабкаламалъул бут1аялъ предмет бихьизабулеб?

5. Предметалъул г1аламат кинабкаламалъул бут1аялъ бихьизабулеб?

11. Гьал раг1абазе суалалкье, маг1на бице: слайд 6

Курак к1ут1би

Кумек к1илик1

Кици кьег1ер

Кьурди кьвагьи

К1алг1а къункъра

1-2 раг1игун предложениял г1уц1е.

12. Абундач(скороговорка)

1.Гъамас босе, Сакинат

Саргъасбосе, Саих1ат.

2.Бет1ер буго, т1агъур гьеч1о

Т1агъур буго, бет1ер гьеч1о.

13. «Г1аксаб мац1» слайд 7

Еидрава ц1ам алукьоб.

Адидрава ц1ам алалъ.

Дие авар мац1 бокьула.

Дида авар мац1 лъала.

14. Цо раг1удасан ц1иял раг1аби лъугьинаре:

  1. Салимат 2) Хазина

Салим на

сали нах

салат хан

мисал ниха

Ислам ах

Асма зани

салам их

15. Музыкалияб конкурс.

16. « Авар мац1»—Р.Х1.

Х1усен Казиев

17. Рокъобе х1алт1и кьей.

Понравилась статья? Поделить с друзьями:

Новое и интересное на сайте:

  • Сочинение дир анищ на аварском языке
  • Сочинение дима масленников
  • Сочинение дикий помещик салтыков щедрин кратко
  • Сочинение дикие лебеди андерсен
  • Сочинение диалог опять двойка

  • 0 0 голоса
    Рейтинг статьи
    Подписаться
    Уведомить о
    guest

    0 комментариев
    Старые
    Новые Популярные
    Межтекстовые Отзывы
    Посмотреть все комментарии